Автор.П.Гунашева.Ноябрь 2015с.
Цересел моц1аз дица, районалда ахихъанлъиялъул бугеб ах1вал-х1алалъул х1акъалъулъ, росдал маг1ишаталъул отделалъул специалист Ибрагьимов Ах1мадилгун гара-ч1вари гьабулаго, ихдал ч1арал гъут1бузул бицунаго, гьес абун бук1ана г1адамазда рак1алда бугин хаслихъеги гъут1би ч1езеян. Заман цебе унелъул, гьес абураб мехги т1аде щведал, рак1алде ккана Ах1мадида щиб ккарабин гъол гъут1бузулин ц1ехезе. Гъут1бузул бицун гуребги, А. Ибрагьимовас мух1канал жавабал кьуна цойгидал суалазеги.