Пятница, 26.04.2024, 10:37 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Сентябрь » 19 » «ХЪАХ1АЛ КЪУНКЪРАБАЗУЛ» АБАДИЯБ РОРЖЕН. СОНАЛ СВЕРАНИГИ, ХВЕЛ ГЬЕЧ1ЕБ БАЙРАМ.
13:14
«ХЪАХ1АЛ КЪУНКЪРАБАЗУЛ» АБАДИЯБ РОРЖЕН. СОНАЛ СВЕРАНИГИ, ХВЕЛ ГЬЕЧ1ЕБ БАЙРАМ.

Расул Х1амзатов – гьеб ц1аралъул борхалъи ва к1одолъи, ч1ух1и ва рохел. Гьеб ц1аралъ данде гьарула  бат1и-бат1иял улкабазул миллатазул г1адамал, гьеб ц1аралъ халкъал ах1ула гьудуллъи  - вацлъиялде. Гьеб ц1аралъ кьуна Дагъистаналъе цоги берцинаб байрам.

Гьале исанаги к1удияв шаг1ир гьавураб къо 8 сентябрь щвелалде ва гьелда хадусел къоязги халат бахъана «Хъах1ал къункърабазул» байрам. Байрамалъулаб географиялъ гъорлъе рачана Мах1ачхъала шагьар. Хунзахъ районалъул Ц1ада росу гуребги, чанго шагьаралгун росаби.

Х1амзатовасул «Хъах1ал къункърабазул» къоял к1одо гьаризе байбихьана Мах1ачхъалаялда поэтасул хабада т1угьдул лъеялдасан. Зиярат гьабуразул къукъаялда гьоркьор рук1ана Дагъистаналъул президент Рамазан  Г1абдулат1ипов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шахсаг1идов, ДРялъул Х1укуматалъул председателасул 1-сев заместитель  Анатолий Карибов, нилъер районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов, Расул Х1амзатовасул г1агарлъи, гьудул-гьалмагълъи.

Гьенисан байрам гочана Поэзиялъул театралде. Расул Х1амзатовасул куч1дул ц1алиялъул сордо рагьана нилъер районалъул г1олилаз: Нурмух1амадова Зульфияца (Гьоц1алъ), Х1асанов Мух1амадица (Х1ариколо) ва Х1ажиева Марьямица (Г1обода) шаг1ирасул поэзия ц1алиялдасан.

К1удияв шаг1ир гьавураб къо к1одо  гьабуна гьесул ц1ар кьураб миллияб библиотекаялъги.

Нахъисеб къоялъ Х1амзатовасул къоязул х1урматалда г1уц1араб автопробегалъ Дубкиялдаса сапар бухьана шаг1ирасул ват1ан- Ц1ада росулъе.  Пробегалъул г1ахьалчаг1азда гъорлъ рук1ана Осетиялдаса ва Красноярскалдаса гьалбалги.

К1удияв шаг1ирасул Ц1ада т1обит1араб байрам рагьана машгьурал эмен ва васал – Ц1адаса Х1амзатие ва Расулиегун Х1ажиясе рарал памятниказда цере т1угьдул лъун гьел рак1алде щвезариялдасан. Хадуб делегация къокъана Ц1адаса  Х1амзатил рукъ-музеялде. Музеялъул к1алт1а ч1ван бук1араб хъвай-хъваг1ай гьабураб басрияб хъарщи хисун бугоан берцинаб стеллаялъ. Гьеб рагьизе вач1ун вук1ана стеллаялъул автор, художник, нилъер ракьцояв Мух1амадов Г1амирханги. Т1оцере музеялда х1ет1е  ч1олезеги чанго нухалъ гьенире щваразеги асар гьабич1ого толаро музеялъ.

Музеялда свериги бахъун, гьенир ругел умумузул рук1а-рахъиналъул т1аг1ел-алаталги рихьун, т1ахьазулгун суратазул бечедаб дандегьариялъухъги хал гьабун киналго рак1арана «Хъах1ал къункърабазул» мемориалияб комплексалде.

Районалъул бет1ерасул заместитель Г1абдуразакъов Асадг1алица раг1и кьуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Халкъияб Собраниялъул г1олилазул, спорталъул ва туризмалъул ишазул Комитеталъул председатель, лъай кьеялъул, г1елмуялъул ва культураялъул Комитеталъул председателасул заместитель Абрамкина Марина Владимировнаялъе. Дагъистаналъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул, Дрялъул Х1укуматалъул, Халкъияб Собраниялъул рахъалдасан шаг1ир гьавураб къоги баркун, аралъул къимат гьабулеб, гьеб ц1унулеб бак1алъул сахаб бук1инесебги бук1унилан абуна Марина Владимировнаялъ. Районалъул бет1ер Саг1ид  Юсуповасул, райадминистрациялъул рахъалдасан «Хъах1ал къункърабазул» байрам баркана районалъул бет1ерасул заместитель Батирова Саг1адулаца. Гьес бацана Дагъистаналъул бет1ер Р. Г1абдулат1иповасул указалдалъун 8 сентябрь Хъах1ал къункърабазул къолъун лъазабун бугилан.

Т1алъиялъул вакилзабазул баркияздаса хадуб, к1удияв инсанасул х1акъалъулъ бицине ихтияр щвана гьесул гьалмагъзаби – поэтазухъегун хъвадарухъабазухъе. Исана шаг1ир к1одо гьавизе районалде рач1ун рук1ана «Московский литератор» газеталъул бет1ерав редактор, Москваялъул хъвадарухъабазул Союзалъул секретарь, поэт Иван Голубничий, шаг1ирал -  Волгоградалдаса Валерий Белянский, Ставрополалдаса Александр Куприн, Ингушетиялдаса эмен вас Хаваш ва Рашид Накостаевал, Дагъистаналъул поэтал – Сабигат Мух1амадова, Зулфукъар Кафланов, Закарих1ажи Хамагов, Умарани Салих1ова ва режиссер Абунавас Х1усейнов. Расул Х1амзатовасул, нилъер ракьалъул берцинлъиялъул, г1адамазул гьоболлъиялъул х1акъалъулъ рецц бакъалъулал раг1абиги абун, шаг1ирзабаз ц1алана к1удияв шаг1ирасул ва жидерго асарал.

Расул Х1амзатовасул асарал пасих1го ц1алана чанго школалъул ц1алдохъабазги. Шаг1ирасул куч1дул ах1ана районалъул культураялъул х1аракатчаг1азги.

Байрамалъул берцинаб лах1затлъун лъугьана 93 тарихги гьабун  ц1алдохъабаз кагътил къункърабигун шарикал гьаваялде риччай.

Дагъистаналъул шаг1ир к1одо гьавуна  цойгидал бак1аздаги. Мехал хисаниги, г1адамал аниги гьеб берцинаб байрам г1асрабаз нахъе хут1ила.

П. Гунашева.

 

Просмотров: 841 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz