Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2016 сон.
Расул Х1амзатов – гьеб ц1аралъул борхалъи ва к1одолъи, ч1ух1и ва рохел. Гьеб ц1аралъ данде гьарула бат1и-бат1иял улкабазул миллатазул г1адамал, гьеб ц1аралъ халкъал ах1ула гьудуллъи - вацлъиялде. Гьеб ц1аралъ кьуна Дагъистаналъе цоги берцинаб байрам.
Саг1адатил лъабабилеб месед.
Халкъазда гьоркьосеб турниралъул чемпион
10 сентябралда Хунзахъ Р.Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана 1996-1998 соназ гьарурал г1олилазда гьоркьоб самбоялъул рахъалъ республикаялъул первенство. Турнир г1уц1ун бук1ана республикаялъул самбоялъул федерациялъул ва нилъер районалъул администрациялъул х1аракаталдалъун. Тадбир рагьулаго к1алъазе вахъарав районалъул бет1ерасул заместитель Шамиль Г1аммаевас турниралъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун, бицана районалда спорт цебет1еялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул ва къецазул г1ахьалчаг1азе бит1ккей гьарана.