Гьал къоязда Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спортивияб комплексалда т1обит1ана нилъер районалъул педагогикиял х1алт1ухъабазул спартакиада. Гьелъул мурадлъун бук1ана районалъул педагогазул физкультураялде ва спорталде рокьи бижизаби, сахаб г1умруялде гьел жалго ва гьез куцалеб г1ел буссинаби.
Спартакиада рагьиялъул х1урматияб данделъиялде рач1ун рук1ана райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Юсупов, гьесул заместитель Шамил Г1аммаев, районалъул спорталъул ветеранал.
К1алъазе вахъарав Саг1ид Камиловичас баркана киналго спартакиадаялъул г1ахьалчаг1азда к1вар бугеб данделъи ва гьезие киназего гьарана рак1 ч1арал бергьенлъаби.
Спартакиада унеб бук1ана гьал хадур рехсарал спорталъул тайпабазда гьоркьор:
Гиря рехи, бихьинал ва руччаби 60 ва 100 метраялда рекери, кьвагьдей, теннис х1ай, волейбол х1ай, шахматал, шашкаби х1ай, канат ц1ай.
Х1алуцарал къецаздаса хадуб жиде-жидер тайпабазда бергьана:
Гиря рехун т1оцебесеб бак1алде вач1ана Г1орут1аса Г. Саг1идов, 2-леб бак1алде Хунзахский интернаталдаса Ш. Х1усенов, 3-леб бак1алде Гьамущиса Г1абдулхаликъов.
Бихьиназда гьоркьоб 100 метраялда рекерун т1оцебесеб бак1 босана Хунзахский интернаталдаса Ш. Х1усеновас, к1иабилеб бак1 Гьамущиса Х1ажимурадовас, 3-леб бак1 Хьиндахъа К. Мансуровас.
Руччабазда гьоркьоб 60 метраялда рекерун т1оцебесеб бак1 Гьац1алухъа Г1абдулмуъминовалъ, 2-леб бак1 Гьац1алухъа У. Мух1амадовалъ, лъабабилеб бак1 Гьамущиса Мух1амадовалъ.
Кьвагьдеялъул конкурсалда руччабазда гьоркьоб т1оцебебсеб бак1 щвана Ц1ада ясли-ахалдаса М. Патах1овалъе, 2-леб бак1 Г1ахьалч1иса А. Х1усеновалъе, 3-леб бак1 Гьамущиса Н. Мух1амадовалъе.
Бихьиназда гьоркьоб 1-себ бак1 босана Хунзахский интернаталдаса М. Мух1амадиновас, 2-леб бак1 Гьахьалч1иса Дайитбеговас, 3-леб бак1 Гьамущиса Т. Аминовас.
Теннис х1аялда руччабазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 босана Шотодаса П. Исмаг1иловалъ,2-леб бак1 Ц1ада ясли-ахалдаса П. Гъайирбековалъ, 3-леб бак1 Гьац1алухъа П. Мух1амадовалъ.
Бихьиназда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 босана Гьоц1алъа М. Г1абдулх1алимовас, 2-леб бак1 Ц1ада байбихьул школалдаса Г. Мух1амадовас, 3-леб бак1 Г1ахьалч1иса Д. Мух1амадовас.
Волейбол х1ан руччабазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 ккуна Т1ануси гьоркьохъеб школалъул командаялъ, 2- леб бак1 Гьац1алухъ аслияб школалъ, 3-леб бак1 Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъ.
Бихьиназда гьоркьоб волейбол х1ан 1-себ бак1 босана Гьамущи гьоркьохъеб школалъул командаялъ, 2-леб бак1 Хунзахский интернаталъул командаялъ, 3-леб Г1орут1а гьоркьохъеб школалъ.
Шахматал х1ан т1оцебесеб бак1 ккуна Харахьиса М. Давудовас, 2-леб бак1 Хунзахъа И. Исмаг1иловас, 3-леб бак1 Ц1адаса А. Шахшаевас.
Шашкаби х1ан т1оцебесеб бак1 босана Гьац1алухъ аслияб школалдаса Г. Акилаевалъ, 2-леб бак1 Харахьи гьоркьохъеб школалдаса Н. Х1адисовалъ ва Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалдаса Ш. Локаловалъ, 3-леб бак1 Гьамущи гьоркьохъеб школалдаса Л. Нурмух1амадовалъ.
Канат ц1ан ясазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 босана Г1орут1а гьоркьохъеб школалъул командаялъ, 2-леб бак1 Гьац1алухъ аслияб школалъул командаялъ, 3-леб бак1 Хьиндахъ гьоркьохъеб школалъул командаялъ.
Киналго г1ахьалчаг1азда баркула щварал бергьенлъаби. Хадубккунги гьабулебщиналъулъ бит1 ккаги, нужее.
Н. Г1алиева.
|