Автор.И.Мух1амадов.Апрель 2016с.
2-3 апрелалда г1адатлъун лъугьахъе Хунзахъ т1обит1ана «Мужество» орденалъул кавалер, нилъер ч1ух1и ва унго-унгояв бах1арчи Х1усейнов Мух1амад рак1алде щвезавиялъул мурадалда бат1и-бат1иял соназ росдал гьоркьохъеб школа лъуг1ун арал выпускниказда гьоркьоб волейболалъул турнир. Гьеб турнир т1обит1улеб буго районалда 1995 соналдасан байбихьун, 2003 соналдаса нахъе гьеб бухьинабун буго Мух1амадил ц1аралда.Цереселго г1адин, исанасеб турнирги г1уц1ун бук1ана бах1арчиясда цадахъ ц1алараз, х1алт1араз ва гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ. Исанисеб турниралда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги анц1го командаялъ. Гьезда гьоркьор рук1ана гьал г1агарал соназ школа лъуг1арал г1исинал г1олилалги к1икъоялда анц1илъа сонал арал волейболалъул ветераназде г1унт1унги бат1и-бат1иял г1елазул командаби.
|
Автор.Н.Г1алиева.Апрель 2016с.
Гьал къоязда Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спортивияб комплексалда т1обит1ана нилъер районалъул педагогикиял х1алт1ухъабазул спартакиада. Гьелъул мурадлъун бук1ана районалъул педагогазул физкультураялде ва спорталде рокьи бижизаби, сахаб г1умруялде гьел жалго ва гьез куцалеб г1ел буссинаби.Спартакиада рагьиялъул х1урматияб данделъиялде рач1ун рук1ана райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Юсупов, гьесул заместитель Шамил Г1аммаев, районалъул спорталъул ветеранал.
|
Автор.Н.Г1алиева.Апрель 2016с.
Тарбияч1ужу ккола лъималазда сверухъ бугеб дунял лъазе, бихьизе, пикру гьабизе, бич1ч1изе, гьел церет1ураллъун, лъай бугеллъун лъугьине кумек гьабулей педагог. Киг1ан лъик1 гьелъ гьеб гьабулеб батаниги, гьедиг1ан лъик1 бич1ч1ула лъимералда сверухъ бугеб дунял, т1абиг1аталъул берцинлъи ва гьелъул х1икмалъи, бат1а бахъизе лъала лъик1абги квешабги.Лъималазда гьеб ц1акъго лъик1 бич1ч1ула г1адатияб къаг1идаялда, г1умруялда дандч1валеб х1исабалда малъизе лъалеб бугони.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2016с.
К1удияб ч1аголъиялда т1обит1ана арал г1одоркъояз Гьоц1алъ оцбаялъул байрам. Тадбиралде бачун бугоан кинабго: рекьул заман байбихьараблъи лъазабун т1оцебесеб рахъбай (оц щвеч1огойищали лъаларо, гьоц1дерица гьеб тракторалъ бан бугоан): спортивиял къецал, ц1игьабун къач1араб зал рагьи, бат1и-бат1иял миллиял квенал, росдаего, сверухъ ругезе г1аммаб ихтилат-кеп.
|
Автор.П.Гунашева.Апрель 2016с.
Г1адамазул г1умруялъулъ к1вар ц1ик1к1араб бак1 ккола пенсионнияб фондалъул х1алт1уца. Дагьалго гъурщазцин пенсия ц1ик1к1индал рохула г1адамал. Инфляциялда рекъон гьабула пенсиялъул индексация (гьеб ц1ик1к1ин). Исана пенсиял кьеялъулъ ккарал хиса-басиязул, гьарурал ц1илъабазул бицана районалъул пенсионнияб фондалъул отделалъул нухмалъулей Пат1имат Ах1мадовалъ.
|
Автор.И.Мух1амадов.Апрель 2016с.
3 апрелалда Мах1ачхъалаялда Дагъистаналъул Пачалихъияб аграрияб университеталъул Мух1амад Жанбулатовасул ц1аралда бугеб спортзалалда т1обит1ана нилъер ч1ух1и, Россиялъул Бах1арчи генерал Х1айдархан Х1ажиев рак1алде щвезавиялъул мурадалда теннисалъул турнир. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна районалъул 65 спортсменас. Тадбир г1уц1ун бук1ана районалъул обществоялъул ва администрациялъул х1аракаталдалъун.Турнир рагьулаго к1алъазе рахъана Хунзахъ районалъул обществоялъул председатель Ах1мад Х1усейнов, цебе Хунзахъ КПССалъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1илев вук1арав Гъази Мух1амадов, Россиялъул журналистазул союзалъул член Шамил Мух1идинов ва цогидалги. Гьел киназго иргадал бицана Х1айдархан Х1ажиевасул, гьес нахъе тараб зах1матаб нухалъул ва бах1арчияб ц1аралъул х1акъалъулъ.
|
|