-Районалда г1емераб халхъ бак1арулел объектазда х1инкъи гьеч1олъи бук1инаби; - Лъайкьеялъул г1уц1абазда терроралдаса ц1униялъул тадбирал ва гьелда хурхун гьабулеб профилактикияб х1алт1и рахъи кьоледухъ г1уц1и;- Террористазул, закониял гурел г1уц1абазул х1аракатчилъиялдаса г1олилал ц1уни г1адал ва гьединабго мурадалъул районалъул г1умруялда жакъа къоялда к1вар ц1ик1к1арал суалалги рорхун гьал г1агарал къоязда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъул иргадулаб данделъи. Г1адатлъун батухъе комиссиялъул членал гуребги, гьеб данделъиялда г1ахьаллъана ФСБялъул, прокуратураялъул, лъайкьеялъул, сахлъи ц1униялъул, пожарнияб отделениялъул ва цогидалги г1уц1абазул нухмалъулел, росабазул бегавулзаби, школалъул директорзаби. Г1ахьаллъаразул халгьабиялде росарал суалазулгун лъай-хъвайги гьабун данделъи рагьана ва гьеб нухда бачана ФСБялъул районалъулаб отделалъул начальник, терроризмаялде данде къеркьеялъул комиссиялъул председателасул заместитель Г1амирханов Т1алх1атица.
Ц1ик1к1арабк1варалъул г1уц1абазда ва ц1ук1к1ун г1адамал данделъулел бак1азда терроралдаса ц1униялъул бугеб ах1вал-х1алалъул бицун к1алъазе вахъана райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Гьит1инов Х1амид. Жиде-жидер бут1абазда х1инкъи гьеч1олъи бук1инаби кинаб даражаялда бугебали бицун к1алъана районалъул электросетазул начальник Г1умаров Мух1амад, райбольницаялъул бет1ерав тохтур Мусаев Мух1амад, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Г1умаров Залимхан ва цогидалги жавабиял гьалмагъзаби. Масала, райбольницаялда ва к1удиябго участкаялъулал бльницабазда х1инкъи гьеч1олъи бук1инабиялъе ЦРБялда 8 видео камера къват1иб ва щугояб корпусазда жанир лъун ругила, т1адеги райбольницаялъе 7 ва лъаб-лъаб Гьоц1алъ, Харагьи участкабазул больницабазеги х1ажалъулила, пожарнияб сигнализация ва полициялъулгун бугеб бухьенги х1алт1улилан бицана районалъул бет1ерав тохтурас. Школазда пожарнияб сигнализация х1алт1улила, видео камераби жеги бицалъго хут1ун ругила, школалги къасилухъа хъаравулзабаз ц1унулилан бицана лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев г1умаров Залумханица, ц1ияб ц1алул соналде киналго школазе ремонтги гьабун, т1оцебесеб сентябралда ц1алдохъаби къабул гьаризе х1адурлъаби раг1алде щун ругиланги абуна гьес.
Г1емер бицуна школазда видео камераби лъеялъул, амма гьеб суал бицалъго хут1ула. Иргадулаб гьаб данделъиялдаги видекамераби росизе ресал ратиялда т1ад ургъулел хут1ана киналго. Х1укму ккана росабазул бегавулзабаз гьеб суал раг1алде бахъинабизе. Рак1алде ккола школазул директорзабигун цадахъ бак1алъулал муниципалистаз жидедего гьабураб божилъи хвезе теларин, х1алада рекъараб кверч1вай гьеб ишалъулъ лъайкьеялъул отделалъги гьабилилан.Гьоркьор лъурал суалаздасан жидерго пикру загьир гьабуна районалъул прокурор Г1умаров Рамазаница, бекьеч1дерил бегавул Г1абдулбасиров Мух1амадица, райадминистрациялъул юрист Г1абдулаев Х1асаница ва цогидазги. Хал гьабиялде росарал суалазде данд рекъон кколел х1укмаби къабул гьаруна данделъиялъул ахиралда. Гьеб ана г1емерисезул х1аракатаб г1ахьаллъигун, мурад цоязе пайдаяб ах1вал-х1алалда.
Хадубго райадминистрациялъулбет1ерасул заместитель Батиров Саг1адулагьил нухмалъиялда т1обит1арабданделъи бук1ана гьелго школал ц1ияб ц1алул соналде х1адур гьариялда хурхараб. Гьениб Залимхан Х1асановичас къокъабго х1исаб кьеялдалъун бицана ц1ияб ц1алул соналде лъайкьеялъул отделалъул ва школазда бугеб ах1вал-х1алалъул.
|