27 июналда х1алт1улаб сапаргун нилъер районалде вач1ун вук1ана Пачалихъияб Думаялъул депутат Г1абдулмажид Маграмов. Районалде гьесул сапар бухьиналъул мурад бук1ана г1адатияб халкъалъул г1олел-г1оларел рахъалги лъазарун, гьезие бажарараб кумек гьаби. «Единая Россия» партиялъул районалда бугеб отделениялъул секретарь Саг1ид Юсуповгун цадахъ Г1абдулмажид Варисовичас т1аде къабул гьавуна микьгог1ан чи. Маграмовас жиндихъе мурадгун рач1арал г1адамазул суалазе ч1ванкъот1арал жавабал кьуна. Т1уразе рес бугел бак1алдаго т1урана. Ц1акъго к1вар ц1ик1к1араб иш т1аде кколел идарабазда дандги бан, жиндирго хасаб бербалагьиялде гъоркье росана. Г1адамалги т1аде къабул гьарун хадуб киналго щвана райцентралда балеб бугеб паркалде. Г1абдулмажид Варислвичас лъик1аб къимат кьуна гьенир гьарулел ругел х1алт1абазе ва жиндаго т1аде босана 1,5 километралъул манзилалда парк сверун къазе ва гьенир чирахъал разе.
Хадуб районалъул нухмалъигун цадахъ гьев щвана районалъул централияб больницаялде. Хал-шал гьабуна палатабазухъ, лъик1аб къимат кьуна гьениб бугеб материалиябгун техникияб базаялъе, бицана жиндирго х1алт1ул х1акъалъулъ ва жавабал кьуна больницаялъул х1алт1ухъабазул суалазе.
Гьенисан киназго сапар бухьана Моч1охъ росулъе. Гьениб рагьулеб бук1ана 17 лъимералъе бак1 бугеб жеги цебеккун росулъ бук1инч1еб лъималазул ах. Гьеб рагьиялъул тадбиралда к1алъазе вахъарав районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас мач1хъадерида баркана ц1ияб ясли-ах рагьи ва баркала кьуна гьеб рагьизе квербакъаралщиназе. Г1абдулмажид Маграмовасги баркана росдал жамаг1аталда ясли-ах рагьи ва жиндирго рахъалдасан ясли-ахалъе телевизор сайгъат гьабуна. Гьединго баркиялъулал к1алъаял гьаруна районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаровас, росдал бегавулас ва цогидазги. Тадбиралъул официалияб бут1аялдаса хадуб кеч1 ах1иялъул ва рик1к1иналъул номералгун цере рахъана ясли-ахалъул гьит1ичал ва школлъимал.
Гьединго хал-щал гьабуна ясли-ахалъухъ. Гьеб рагьун буго ижараялъе кьураб хасав бетIергьанасул минаялъуб. ХIажатаб къайи-цIа босизе ва ремонт гьабизе кумек гьабун буго районалъул администрациялъ ва росуцояз. Бан буго санузел, азбаралда буго цIияб лъималазул площадка, босун буго цогидаб хIажатаб тIагIел-алатги. Гьалбал разиго хутIана гьенир гIуцIун ругел шартIаздаса.
И. Мух1амадов
|