Автор.И.Мух1амадов.Июнь 2017 сон.
27 июналда х1алт1улаб сапаргун нилъер районалде вач1ун вук1ана Пачалихъияб Думаялъул депутат Г1абдулмажид Маграмов. Районалде гьесул сапар бухьиналъул мурад бук1ана г1адатияб халкъалъул г1олел-г1оларел рахъалги лъазарун, гьезие бажарараб кумек гьаби. «Единая Россия» партиялъул районалда бугеб отделениялъул секретарь Саг1ид Юсуповгун цадахъ Г1абдулмажид Варисовичас т1аде къабул гьавуна микьгог1ан чи