Вторник, 07.05.2024, 13:22 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 16 » ГУРХ1УН Г1ОДАНИГИ, БУХ1УН Г1ОДИЗЕ ККОГЕГИ.
20:02
ГУРХ1УН Г1ОДАНИГИ, БУХ1УН Г1ОДИЗЕ ККОГЕГИ.

Садакъа кьезе ккола кваранаб квералъ, квег1алда лъаларедухъ

Мух1амад ва Зиявудин Мух1амадовазул ц1аралги ишалги раг1ич1ев чи Дагъистаналда къанаг1атги ватиларо. Гьел г1олохъабазул эбел Парханисай Шуг1айбова маг1арулазда лъала сахаватай г1адан х1исабалда. Къварилъи-балагьалде ккаразе кумек гьабулаго т1амулеб буго гьелъ г1умру.

Цо нухалда ДГУялдеги яч1ун Парханисайица лъималазе рет1ел бикьулеб мехалда, гьелда аск1оеги яч1ун цо г1олилалъ абуна: "Парха­нисай Мух1амадовна, дица ц1алана дур ц1аралъул маг1на кколин ч1ужуг1аданалъул рохел абураб". Х1акъикъаталдаги, руччабазеги лъималазеги рохел бикьулей, кумек гьабулей г1адан ккола Парханисай. Гьелъулгун гара-ч1вари гьабизе ният ккана нижерги, т1аде щолеб Микьабилеб мартги гьелда баркулаго.

- Дун гьаюна Хунзахъ районалъул Г1обода росулъ. Буйнакскиялда бук1араб руччабазул педагогияб училище лъуг1игун х1алт1ана росдал школалда. Х1алт1улаго лъуг1изабуна ДГУги. Х1алт1ана шагьаралъул ясли-ахалда. Дир рос, Х1ажи Мух1амадов, х1алт1улев вук1ана мединституталда, хирургиялъулаб кафедраялда. 1990-абилел соназул байбихьуда ниж Москваялде гочана г1умру гьабизе. Гьелъие г1иллаги бук1ана вас унтун вук1ин,- ан бицана П. Шуг1айбовалъ.

- Гурх1ел-рах1муялъулаб ишалде кидаха байбихьараб?

- Дир буго ункъо лъимер. Тарбиячаг1и сабаблъун, дир бищунго гьит1инав васасул сахлъиялъе, ясли-ахалда вук1аго, зарал ккана. Гьевги вачун ниж щвеч1еб бак1го хут1ун батиларо. Амма гьев инвалидлъун хут1ана. Гьабсаг1ат 28 сонилъ вугев г1олохъанчи вуго гьев. Дида г1езег1ан лъик1 бич1ч1ула унтараб лъимер рокъоб бугеб хъизамалда бук1унеб х1ал. Гьедин байбихьана цогидазеги бажарараб кумек гьабизе. Бищунго к1удияб ва пайдаяблъун рик1к1уна Буйнакскиялда ругел г1инда бак1аб ва мац1 лъалареб 360 лъимадуе гьабураб кумек. 13 соналъ цебе нижеца гьезул щивасухъе г1инда ралел хасал аппаратал щвезаруна. Гьел лъимал к1одолъана ва дагьаб цебег1ан дида рихьана гьел аппаратазул кумекалдалъун к1алъазе к1варал г1олилал. 10 соналъ цебе дица Семендералда бана лъабго т1ала бугеб мажгит. Г1емераб заманалда жаниб бак1арараб г1арац харж гьабуна гьеб балаго. К1удияв васас дида абуна: "Дуца нижеда щайин бицинч1еб гьединаб мурад бугилан? Кин к1вараб кумек гьарич1ого тезе? Дур рокъов к1иго инва­лид вуго-васги, яцги. Гьедин бегьуларо, эбел!"- ан. Амма дица лъиданиги гьарич1о. Дицаго данде гьабуна ва бана. Доб мехалдаса нахъе гьабулеб буго к1вараб кумек.

- 18 соналъ гьабулеб буго дуца чияе кумек. Амма гьелгощинал соназда жаниб дур х1акъалъулъ бицунебго раг1ич1о...

- Кумек гьабиялъул х1акъалъулъ бицин дида ц1акъ сурун бихьула.

Гьеб бокьуларо дир васазеги. Диналдаги беццараб гьеч1о гьеб. Садакъа кьолев чиясул ц1ар лъазе кколаро. Дир яс Наидацаги гьабула г1адамазе бажарараб кумек, гьелъиеги бокьу­ларо гьабураб кумекалъул г1емер бицине. Гьаб гара-ч1вари ц1алани, гьебги бокьиларо гьелъие. Гьабсаг1ат нижеца г1уц1ун буго "ПЭРИ" абураб фонд ва гьеб фондалде г1арац бач1инелъун, жеги кумек гьабизелъун бицине кколеб буго гьелъул х1акъалъулъ.

- Дур кумекчаг1и щал?

- К1удияб кумек гьабула дие Уммупазил Г1умаровалъ. Цо нухал­да, цебего, дида абуна Дагъистанал­да инсанасул ихтиярал ц1униялъул рахъалъ президентасул вакил йигилан. Гьелъулгун лъай-хъвай ккана дир гъоркьисала, гьелъ кумек гьа­буна. Гьелда лъик1 лъала кумек къвариг1арал. Исана ниж щвана Избербашалда бугеб лъималазул рокъоре ва Мах1ачхъалаялда бугеб гьединаб бак1алде. 400-г1анасев чиясе щвана г1арцулаб ва цогидаб кумек. Г1емерал г1адамал рач1уна дихъе рокъореги. Дун кидаго гьел къабул гьаризе х1адурайги йиго. Кумек гьабула дие нусабазги. Дица гьаниб бикьулеб рет1ел гьез къват1исел улкабаздаса бач1араб буго.

- "ПЭРИ" фондалъул программа кинаб бугеб?

- Гьеб фондалде биччала г1арац. Росабалъ ва шагьаразда х1алт1и гьа­биялъул хасаб план х1адурун буго. Дагъистаналда гуребги, рак1алда буго улкаялъул цогидал регионазда ругел къварилъиялде ккаразеги кумек гьабизе.

- Мун кидаго х1адур йиго цогидазе кумек гьабизе. Дурго т1алаб гьабизе заман хут1улищ?

- Гьеб гурищ дир г1умру, бищунго лъик1аб иш. Дица Дагъистаналда бала лъабго моц1 ва гьеб заман уна xlaжатазухъе кумекалъулаб квер бегьулаго. Москваялдаги гьабула к1вараб кумек. Дораги нилъер дагъистаниял рач1уна кумек къвариг1ун. Гьеле гье­динаб х1алт1и бугоха дир.

- Дуца кинаб къимат кьолеб ресги бук1аго, кумек къвариг1арасе гьеб­ги гьабич1ого аск1осан унев чиясе?

- Дидасаги рес ц1ик1к1арал г1адамал г1езег1ан руго. Амма гьединазда цогидал рич1ч1улел ратилароха. Хьул буго ахир-къадги киназдаго бич1ч1илин доб дунялалде лъицаниги щибго цадахъ босулареблъи. Нижеца бичана мина ва тана цо рукъ гьанире щведал жанире руссине. Нилъедасаго т1ок1аб г1адамазе кьезе ккола. Нилъедаса лъик1ал г1адамал дунялалда рук1унаро, цогидазулги къимат гьабулеб бугони. Холеб ме­халда дир росас абуна: "Пархани­сай, дуца дида хадуб гъурущ хвезабуге. Гьелъул бак1алда ч1аго ругезе кумек гьабе". Дида ккола лъик1аб г1амалги, гурх1ел-рах1муги, бич1ч1иги, кумек гьабизе гъираги дир лъималазе инсудасан щвараб бугин.

Гара-ч1вари гьабуна Майя Патаг1алиевалъ.







 

Просмотров: 580 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz