Автор.Фатима Мух1амадова. 2014 сон.
Микьго моц1г1анасеб заман буго районалъул нухмалъуде г1олохъанав, жигарав, ва х1алт1уде, лъик1ал ишазде жиндир гъира къойидаса къойиде ц1ик1к1унеб бук1ин бихьулев Саг1ид Юсупов вач1аралдаса. Узухъда, бащдаб лъаг1ел дагьаб заман буго щиб бук1аниги ц1айи бугеб гьабизе, г1унгут1аби лъуг1изаризе. Кин бук1аниги, жиндир х1алт1улаб болжалалда жаниб гьабуралъул ва гьабизе рак1алда бугелъул бицана районалъул нухмалъулес диргун бук1араб гара-ч1вариялда газета ц1алулезе.