23 апрелалда Мах1ачхъалаялда т1обит1ана нилъер ракьцояв, «Анжи» командаялъул вук1арав капитан, Г1ахьалч1иса мунагьал чураяв Ибрагьим Х1асанбегов рак1алде щвезавиялъул мурадалда, районалъул кубокалъе г1оло, районалъул росабазул т1аса рищарал командабазда гьоркьоб футболалъул рахъалъ турнир. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна кинабниги 45 командаялъ. Турнир г1уц1ун бук1ана районалъул жамг1ияб г1уц1иялъул, администрациялъул ва цогидалги районалъул сахаватчаг1азул х1аракаталдалъун.
Турнир рагьулаго к1алъазе вахъарав районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсуповас бицана, гьаб турнир т1обит1иялъул мурад кколин, районалъул г1олилазул спорталде ва сахаб г1умруялде бугеб рокьи ц1ик1к1инаби ва гьанжесел г1олилаз жиндасан мисал босизе мустах1икъав Ибрагьим Х1асанбегов рак1алде щвезавиян. Иргадал жидерго к1алъаял гьаруна цогидал т1аде ах1арал гьалбадерицаги. Официалияб бут1аялдаса хадуб байбихьана х1аязде. Х1аязухъ балагьун бихьулеб бук1ана командаби турниралде г1езег1ан лъик1 х1адурун ругеблъи. Гьедин, х1алуцарал х1аязул х1асилалда турниралъул чемпионлъун ва районалъул кубокалъул бет1ергьанлъун бахъана гьоц1дерил росдал команда. К1иабилеб ва лъабабилеб бак1алде рач1ана Гъоркьколо ва Хунзахъ росабазул командаби. Турнир къалаго бергьараб ва призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна медалалгун грамотаби, г1арцулал сайгъатал ва Дагъистаналъул муфтий шайих Ах1мад-х1ажи Г1абдулаевасул «Благонравие праведников» абурал т1ахьалги. Хасал сайгъатал кьун к1одо гьаруна щибаб номинациялда бергьенлъи босарал игрокалги: бищун лъик1ав игрок-Г1умаров Х1амзат (Гьоц1алъ); бищун лъик1ав нападающий-Мух1амад Мух1амадов (Гъоркьколо); бищун лъик1ав вратарь-Т1алх1атов Сиражудин (Хунзахъ); бищун лъик1ав защитник-Мух1амад Гайдалов (Гьоц1алъ).
И. Мух1амадов.
|