Пятница, 26.04.2024, 10:23 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Сентябрь » 26 » «ГИННЕСИЛ РЕКОРДАЗУЛ Т1ЕХЬАЛЪУЛ» РЕКОРДСМЕН Г1УМАРИЛ ГЬУНАРАЛ ДУНЯЛАЛДАГО МАШГЬУРЛЪАНА.
20:19
«ГИННЕСИЛ РЕКОРДАЗУЛ Т1ЕХЬАЛЪУЛ» РЕКОРДСМЕН Г1УМАРИЛ ГЬУНАРАЛ ДУНЯЛАЛДАГО МАШГЬУРЛЪАНА.

Т1оцебе вас гьавураб мехалда эбел-инсуда рахьи бала вас иман-иях1 бугевлъун, бах1арчиявлъун, къуватавлъун, росдал ц1ар борхатго ц1унаравлъун лъугьагиян. Гьеб гьара-рахьи рит1ухъ гьабураб г1адин, рек1елъ къвак1и бугев, къуватавлъун г1ун вач1ана Г1амикь росулъа Х1анапиев Мух1амадил ва Сакинатил вас Г1умар.

70 килограмм гурони жиндирго чорхол ц1айи гьеч1ониги, къуваталъул рахъалъ ц1ар арав чанц1улго Гиннесил т1ехьалде жив восарав, Г1умар лъаларев чи нилъер районалда ва Дагъистаналда ватизе ц1акъго зах1мат буго.

Гьит1инаб мехалдасанго рек1елъ къвак1и бугев, х1инкъи- къай лъаларев васлъун г1ун вач1ана Г1умар. Черх лълъадаризелъун, гьев г1емер хьвадулаан х1ат1ида г1иц1го ракьалдасан, ц1орораб лъеца черх чурулаан, рогьалилъго векерулаан. Школалда ц1алулелъулги гьесие кидаго           бокьулаан физкультура ва спорт. Т1оцебе Г1умарица жиндиpгo махщалиде байбихьана х1ат1ид гlицlгo эхетарал маг1азда т1ад вахъун ч1еялдасан, г1исиназдасан байбихьун, бищунго ч1axlиязде щвезег1ан маг1ал кьуриялдасан, дагь-дагь ккун ц1айи ц1ик1к1инабун, гираби рорхиялдасан. Хасго Г1умарил махщел камиллъун бач1ана Азербайжаналъул тахшагьар Бакуялда Г1али Г1абдулх1усеновасул нухмалъиялда гъоркь т1орит1арал тренировкабаздаса хадуб.

Г1умар XIанапиев жиндирго къуват ва гьунар бихьизабизе зама-заманалдасан цеве вахъуна республикаялда гуревги РФялъул шагьаразда, областазда, х1атта, къват1исел улкабаздацин.

Гьес балагьарал х1айран гьаруна цоцаздаса рик1к1ад ч1езе гьарурал 2 автомашина рукьалда рарал квараз цоцазде аск1оре ц1аялъ, ц1ик1к1араб ц1айиялъул г1олохъанчи бак1ида г1одов вук1инеги гьавун, цабзаз гьевги кодове восун кьурдиялъ, Г1умар XIанапиевас Мах1ачхъалаялда ч1езабураб иргадулаб рекордалъ. Мах1ачхъалаялъул ччуг1ил порталда спортсменас ралъдал цо бак1алдасан багъаризабуна ва 15 метралъул манзилалъ добег1ан ц1ана 567 тонна т1ад бугеб танкер. Къуватав спортсменас гьеб ц1ана бурлакас г1адин, квераз гуреб, танкералъул тросалда бараб квар жиндирго цабзазги ц1ан. Гьединго Х1анапиевас 10-12 метралъул манзилалда цебехун ц1ана к1иго 150 тонна т1ад бугеб локомотив. Гьебго къаг1идаялъ Г1умарица цо бак1алдаса 7 метралъул манзилалда багъаризабуна Т-154 самолетги.

Гьел ва гь.ц. Гиннесил т1охьоде росарал ва росич1ого хут1арал х1икматал жал ва къуват бихьизаби Г1умарил г1емерал рук1ана. Лъида лъалареб Хасавюрт шагьаралде жанире лъугьунелъул нухда раг1алда «Хасавюрт» абун хъвараб маххул угольникал квералъ кьурун гьес ч1вараб иг1лан. Гьединго Хунзахъе рач1унезда Иги раг1алда бихьун батила «Хунзахъ» - илан хъвараб иг1лан.

Жиндир г1умруялъул сонал 50-ялдаса аниги Г1умарица Дунялалда т1ад ч1езабуна 50-ялдасаги ц1ик1к1ун г1ажаибаб рекорд. «Маххул чанагъ» ц1аралъул къвак1арав  бет1ергьанасе нилъецаги гьарила жеги гьедиг1аналго соназ нилъ х1икмалъизаризе щулияб сахлъи.

Н. Г1алиева.

Просмотров: 585 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz