Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2016с.
КIудияб спорталъулъ бихьулеб бутIа лъуна ва лъолебги буго нилъер районалдаса рахъарал цересел соназул цIар арал ва гьанжесел, жидер чIахIиял бергьенлъабаз нилъ чIухIизарулел ругел батIи-батIиял тайпабазул спортсменаз.
Автор.И.Мух1амадов.Сентябрь 2016с.
Хунзахъ район кидаго рик1к1унаан спорталъул рахъалъ цебет1ураблъун. Нилъер буго бечедаб спортивияб тарих. Ахирал соназда цебет1олеб буго спортивияб инфраструктура: ралел руго ц1иял футбол ва волейбол х1алел площадкаби, капиталияб ремонт гьабун къач1алел руго спортзалал, г1уц1улел руго цогидалги спорт цебет1еялъе х1ажатал шарт1ал. Районалъул спортивияб г1умруялда ккарал лъик1ал хиса-басиязулги г1олел-г1оларел рахъазулги районалъул спорталъул бук1инеселъулги ц1ех-рех гьабизеян дун дандч1вана 1993 соналдаса нахъе районалъул спортивияб комитеталъе нухмалъи гьабулев вугев Х1айдарбегов Г1абдулкъадиргун.
Автор.Н.Г1алиева.Сентябрь 2016с.
Т1оцебе вас гьавураб мехалда эбел-инсуда рахьи бала вас иман-иях1 бугевлъун, бах1арчиявлъун, къуватавлъун, росдал ц1ар борхатго ц1унаравлъун лъугьагиян. Гьеб гьара-рахьи рит1ухъ гьабураб г1адин, рек1елъ къвак1и бугев, къуватавлъун г1ун вач1ана Г1амикь росулъа Х1анапиев Мух1амадил ва Сакинатил вас Г1умар.