Суббота, 27.04.2024, 00:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Январь » 23 » ГIАБДУЛАТ1ИПОВАСУХЪЕ ХУНЗАХЪ РАЙОНАЛЪУЛ ГИНИЧУКЬ РОСДАЛ ЖАМАГ1АТАЛЪУЛ РАГЬАРАБ КАГЪАТ 18.01.2016
23:21
ГIАБДУЛАТ1ИПОВАСУХЪЕ ХУНЗАХЪ РАЙОНАЛЪУЛ ГИНИЧУКЬ РОСДАЛ ЖАМАГ1АТАЛЪУЛ РАГЬАРАБ КАГЪАТ 18.01.2016

Интернеталда батана Нажмудин Самурскиясе МахIачхъалаялда памятник лъезе гьабураб дур хIукму.

ЦIидасан нижеда цебе чIана гьев нажасасул нухмалъиялда гъоркь 1921 соналъул февраль моцIалъул ахириял къояз щибго мунагь гьечIеб нижер росдае гьабураб балагь. Гьел къоязде швезегIан Гиничукь росу букIана рес рекъараб жамагIаталъ гIумру гьабулеб узданаб росу. Нусиялда анцIго хъизаналъ метер хвеледухъ динги гьабулеб ва кидаго хвеларидухъ гIумруги гьабулел гIадамазул росу. Доб заманаялъ Гиничукь вукIана хIеж борхарав ва округалдаго машгьурав 19 гIалимчи. ХIуригаталъул заманалдаги гьел рукIана я «хъахIаб», я «багIараб» рахъалде гьетIичIел.

ГIараниб хъала щуго минуталъ рилълъун щолеб бакI букIиналъ, гинчадерил 16 гIолохъанчиги вукIана Муслим Атаевасул партизаназул къокъаялда гъорлъги. ТIад магIарухъ советияб низам цIунизеян Серго Орджоникидзел пикруялда рекъон гIуцIараб, «ударная группа» ян цIар лъураб II армиялъул ва Кремлиялъул курсантаздасан гIуцIараб А. Тодорскиясул ва Дагъистаналъул тIолалго партизаназул командир Нажмудин Панахович Эфендиев-Самурскиясул бетIерлъиялда Гъуниса Хунзахъе къватIибе  бахъуна. Къорода росулъе щвейдал гьенир цо-цо гIадамалги чIван, гьениб цIияб низамги чIезабун гьел щола Уздалросулъе. Росулъ батарабщинаб боцIиги бахъун, гьезул 10 бихьинчиги нух бихьизабизеян гъоркьлъалие цадахъ рачун, Хунзахъе балагьун къватIире рахъуна. ЧIина мегIералъул борхалъиялде щвезегIан киналго гъоркьлъалие рачарал уздалросулъелги чIван, ГIараниб хъаладухъ рещтIуна.

Нижер умумузул биценалда рекъон, кванил нигIматалги лъугIун, ракъиялъ хIамузулги  гьабзазулги гьан квиналде ккарал багIаразул солдаталги къойилго щолел рукIун руго аскIобго бугеб Гиничукь росулъе кванил нигIматазда хадур. ТIанусиб штабги лъун ругел  ХIоцоса Нажмудинилаздаса жалго цIунизеян «ударная группаялъулаз»  Гиничукь росулъ гIуцIула постги. Посталда багIаразул анлъго солдатги толев вукIун вуго. Рогьалил как ахIиялдаго цадахъ ГIарани хъалаялъусан росулъе кьвагьдолел гIарадабазул гуллби бакI-бакIалда рихъулел гьаркьаз, гинчал жидерго рагъабахъе кIанцIула. Гьенир росда цебе магъилъ кьералъ чIарал солдаз, гIадамал чIвазе байбихьула. Цинги росулъе жаниреги рачIун, вакъфуялъул бакIалдеги рачун, хабзалазул къадазда цереги рачун чIвала. Цо-цоялин абуни гогьал комадирабаз копоего гIадин хвалчабаз ва тункIил хIарабаз рорлъ ролъун хвезарула.

ЧIухIдай гаргадулел годекIабахъан

Бидул гIорал руго гIолохъабазул.

ГIадлу-шаргI къотIулел къадизабазул

КъотI-къотIун ран руго маргъалул чурхдул,

… Эмен хун эбелалъ рухI кьун хьихьарав,

ХIорихъго хъехъана ХIалил Гъазияв.

… Гъазиясул Шарип, шиб гьабунилан,

Вахъун чIовухъего хъун мун рехарав?

Гьал мохъал дица росана гьел гIасиял къояз росулъ вукIинчIолъиялдалъун чIаго хутIарав Закари НурмухIамадовас гинчадерил росдаде гьабураб магIуялдасан. КIиго къоялда жанир 61 бихьинчи ва 10 чIужугIадан чIвала. ЧIваразда гъорлъ руго 13 соналдаса 97 соналъул гIумруялда рукIарал. Гьезул ункъгояв сурав босизеян ГIарани хъаладухъеги рачун чIагого 70 метраялъул борхалъиялдаса ЦIолбокь кIкIалахъе рехула. Жиндир гьезда речIчIун гIадада хвезабизегIан патронал гьечIин абун, солдатал ритIула гьел гъоркье рехизе Нажмудин Самурскияс. Гьесул рагIабазда тIадги рекъон, «ударная группаялъул» командир А. Тодорскияс буюрухъ хъвараб «гамчIида гамачI тоге, дунялалъулго контреволюциялъул босен, Гиничукь росдал ва гьелъул жамагIаталда»ян абураб буюрухъги кьун, Болъихъ «багIаразе» ккараб хIинкъи нахъчIвазеян унев А. Тодорскияс Н. Самурскиясда тIад къала иш рагIалде бахъинабизе. ГIабдулманап Гъазиевас жиндирго ракIалде швеялда хъвалеб буго Хъаладухъ Муслим Атаевасул багIарал партизаназул  къокъаялда гъорлъ рукIарал жиндир имгIал Шамхалов ХIайбула ва жиндир вацгIал МухIамадов Абсалудин жидер росулъ ругел гIагарлъиялъул цIех-рех гьабизе Нажмудин Самурскиясухъе щведал, гьес абула нужер росулъ гьечIин цониги чи гIайиб гьечIел, гьел киналго чIвазе ругилан.

Мунагьал чураяв дир эмен, Самурскиясул адъютант, Хунзахъа ГIалибегов НурмухIамадица Нажмудинида гьарула мухIканлъи лъалелде гьеб буюрухъ рагIалде бахъинабизе гIедегIугеян, мунги бусургьанчи, Дагъистаналъул киналго партизаназул командир хIисабалда ва гинчадерилги 16 багIарав партизан вугин ГIарани хъаладухъ Муслим Атаевасул къокъаялда гъорлъ. Нажмудиница НурмухIамадида кьварун лъазабула  гьеб дурго бетIер  чIум гIадин борлъизе къваригIун гьечIеб батани, хабар къотIизабеян.      Лъабабилеб къоялъ гIакIаги ахIун лъазабула, руччабиги лъималги БакьагьечIиб росулъехун къватIире рахъаян. Солдатаз мугъзада тункIил хIарабиги хIенчезарулаго  росу тезабула, цадахъ босизе тIад ретIараб ретIел тун батIияб жо босизеги течIого. Лъабго моцIица «багIараз» гинчал росулъе риччаларо. Гинчадерил ятимзаби хинкI балагьизе гьардухъ лъугьине ккана цIорораб хаселалъ.

Лъабго моцIидасан «багIараз» гинчадерил ятимзабазе росулъе тIад руссине ихтияр кьола. Жанире лъугьине бегьулеб мина гьезда гьениб батуларо. Кинабго «багIараз» талавур гьабун, хъаладухъе баччун батула. НуцIа-къоно, рукъзал гьорогьун ран, рахи-цIул казармаби хилъизаризе ун батула. ГьоцIабахъ букIараб лал тIамичIого хутIарал гIаразулгицин цо сумцин батуларо. ЦIидасанги гьардухъ лъугьине ккола гичадерил ятимзаби.

ГIабдулманап Гъазиевас жиндирго ракIалде швезариязда хъвалеб буго гьадин: «Дир букIана I2 сон. Ракъуца хвана дир кIиявго вац СагIаду ва Абубакар, яц Сапинат. Дун эбел РайхIанатгун  ва кIодоэбел Нуцалайгун гьардухъ лъугьун, квен балагьизе къватIире рахъине ккана».

Мунагьал чураяй дир эбелалъул доб мехалъ букIуна 12 сон. Гьелъ бицунаан эбел Издагги,  вац ХIаснулбасирги,  жийги росу тун къватIире  рахъунелъул, жодор азбаралъуре рачIанила кIиго солдатги цо офицерги. Гьез ХIаснулбасир кавудахъа къватIивеги вачун, жидеда цеве чIванила. Эбелалъ жий кверги ккун, ячанила яц Субайбатил рукъ бугеб рахъалде. Гьезул азбаралде лъугьунаго, тункун гIодор жалги речIчIизарун, жиб-жиб  гъажалда цо-цо бакъвараб хамалагалги ран, лъабго солдатги анила. Субайбатги каранде къан кIиго моцI барай яс ХIалиматгун гьезул азбаралда хIатIил гьицIго гIаздада чIезаюн ятанила. Субайбатил рос Къебедги ватанила рагъида чIван, 97 сон барав вакьад —  ЦIарберцинхIажиявги какикь жоялда тIадго чIван ватанила.

Хадусеб кIиго соналда жанир гинчадерил 60 чIужугIадан ва лъимер хола ракьуца ва унтабаз.

«ГIемер миллатазул Дагъистаналъул цогояб халкъ» абураб лозунг нилъер батани, кинаб цолъи букIинеб цо миллаталъулазе бидулав тушман цогидаб миллаталъул миллияв бахIарчи ватани?

10 соналъ цебеги борхун букIана Самурскиясе памятник лъеялъул суал. Амма Дагъистаналъул халкъалъ гьеб нахъчIвана.

Гинчадерил жамгIаталъул рахъалдасан                                                                                                                                                                 МухIамад НурмухIамадов                               

--

 

Просмотров: 569 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz