Гьавураб къогун, Саг1ид
25 январалъ г1умрудул 40 – сонилаб юбилей к1одо гьабулеб буго районалъул нухмалъулев, сахаватав инсан Саг1ид Камилович Юсуповас.
Цадахъ х1алт1улезул, пикруцоязул, районалъул зах1матчаг1азул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркулеб буго гьесда гьавураб къоялъул байрам. Биччанте дур г1умруялда талих1аб гурого къо бач1унгут1изе, хъулухъалъулаб болъодухъан мун г1иц1го цевехун ине, бергьенлъабаз дур г1умруялде рагьараб киданиги къангут1изе ва къварилъиялда киданиги мун, дуе рокьарал ва мун рокьарал рак1алде щвеч1ого хут1изе!
Дудасан кумек щваралг1ан Аллагьги разилъаги дудаса районалъул имам! Хадубккунги лъик1аб рахъалдехун район хисизабизе икъбалги, тавпикъги, Бет1ергьанасул кумекги дуе гьарулаго «Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.
Районцоял.