Суббота, 27.04.2024, 07:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 14 » ГЬАЗУЛ ХОБАЛАЗЕ БУТ1РУЛ КЪУЛУЛА ГЬАЗУЛ Г1АКЬЛУЯЛЪУЛ КЪИМАТ БУК1УНА.
14:41
ГЬАЗУЛ ХОБАЛАЗЕ БУТ1РУЛ КЪУЛУЛА ГЬАЗУЛ Г1АКЬЛУЯЛЪУЛ КЪИМАТ БУК1УНА.

Дол кьог1ал ва г1асиял К1удияб Ват1анияб рагъул соназги рагъ лъуг1ун хадубги бихьулеб г1акъубаялде рач1инч1ого, к1вах1-свак гьеч1ого х1алт1арал руччабазда гьоркьоб ц1ар рехсезе мустах1икъай г1адан йик1ана жиндир мунагьал чураяй дир к1одоэбел Мусаева Пат1имат. Гьей гьаюна 1910 соналъ Хунзахъ районалъул Гьамущи росулъ, жаниб хьиндаллъиялдаго ц1ар бугев маххул къебедасул хъизамалда. К1удияв дах1адада доб заманалда х1алт1ул алатал-газа-бел, хъандираби, к1удиял нусал, хунжрул ва гь. ц. т1аг1алаби гьарулев чи вук1ун вуго, Г1ахьвахъ, Болъихъ мухъалъагицин г1адамал рач1унаанилан бицунаан гьелъ. Т1оцебе росулъ школа рагьарабго к1одоэбелалъ ц1ализе лъазабун буго. Ункъго классалъул лъай гуреб, хасаб ц1али гьеч1ониги, гьелъ байбихьула ликбезалда дарсал кьун хъвай-ц1али цогидаздаги малъизе. Гьелдаса хадуб росулъ рагьула изба-читальня. Гьелъул заведующаялъун х1алт1ун йиго чанго соналъ. Гьений х1алт1улеб заманалъ гьелъ г1емераб х1алт1и гьабун буго росдал г1адамазул культура-лъай борхиялда т1адги. Гьабсаг1атги бицуна к1удиял чаг1аз гьенир х1алт1улел рук1арал кьурдул, рет1ел букъиялъул кружоказул х1акъалъулъ, гьениб гъираялда г1ахьаллъи гьабулаанила росдал г1олилал васазги ясазги. К1одоэбел йик1ана кверал меседилай устарги, букъулаан руччабазе, бихьиназе партал, къач1алаан рукъалде руссунезе къайи, жинцаго гьарулаан куч1дул, рек1ехъе рик1к1ине к1олаан г1емерал куч1дул. Росулъ колхоз г1уц1улеб заманалда гьелъ ва гьелъул рос Х1ажияв Маламух1амадицаги к1удияб бут1а лъун буго гьеб х1алт1улъ. Маламух1амад вук1ун вуго росулъ т1оцевесев учитель, росулъ т1оцебе г1уц1араб партячейкаялъул секретарьги.

Пат1имат жинцаго мисалги бихьизабун, т1оцее лъугьуна комсомолазул мухъилъе ва гьелда хадур жигар бахъун лъугьуна росулъа 12-13-ниги ясал. Доб заманалда гьеб расги бигьаяб иш бук1инч1о, жеги халкъ бец1лъиялда бугеб, хасго нижер Гьамущи росулъ ц1акъго нахъе ккараб бак1лъунги рик1к1унеб бук1араб г1ужалъ. Кинабниги ц1иябщиналъе росулъ байбихьи гьелъ лъунилан абизе бегьула.

Дие кутакалда бокьулаан гьез бицунеб харбихъ ч1алг1инч1ого г1енеккизе. Бищунго г1ажаиблъизе бач1уна гьез бицунеб харбилъ, тарих к1оченч1ого, киг1ан цебе ккарабги гьезда рак1алда бук1араб куцалъухъ.

К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьарабго рагъде нуха рег1ана 4 лъимадул эмен-жиндирго рос Маламух1амад ва вац Мусаев Т1агьир. Т1адеги ц1ик1к1ана рукъалъулги, лъималазулги ургъел. Бищун к1удияв вас гурони школалде аралги рук1ун гьеч1о жеги лъималазул. Бит1ун рагъул кор боркьарал 1942-44 соназ гьей т1амун йиго росдал советалъул председательлъун. Лъугьун йиго партиялъул мухъилъе, т1убазабулаан парторглъиялъул ишалги. Гьений х1алт1улей йигеб заманалъ гьелъ бихьинчияс г1адин т1уралел рук1арал ишазул жакъаги г1емер рак1алде щвезабула ва бицадуе хут1ун буго нижер росдал г1адамазе. 1942 соналъ бач1уна ч1ег1ераб кагъат Мусаев Т1агьир араб бак1 лъач1ого т1аг1анин. 1943 соналъул сентябралда рагъдаса лъукъун, сакъатлъиялдеги ккун т1ад вуссуна Маламух1амад. Г1ансида гурони вахъун ч1езе к1оларев II-группаялъул инвалид лъугьун вук1аниги байбихьула гъобго учительлъун х1алт1изе. Гьелъ нуг1лъи гьабула ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъ гьеб зах1маталъухъ Пат1иматие кьураб грамотаялъ. Г1емер бицунаан дол ракъарал зах1матал саназ камулароанила Ват1аналде т1аде къо ккараб мехалъ хьвай-ч1вай гьабизе бокьарабги, т1асахун ц1ехолебги бук1ана, г1емераб лъик1аб-квешаб. Кинабго берцинго нухда бачине кьун бук1ана гьелъие Аллагьас г1акълуги къуватги.

Гьелдаса хадуб 10-15 соналъ Пат1иматица нухмалъи гьабула росдал колхозалъул бригадаялъе. Гьелъул бригадаялъ соцкъецазулъ кколаан т1оцебесеб бак1 пихъ ва т1орщел г1езабиялъулъ. Рагъул соназ гьелъул нухмалъиялда гъоркь руччабазул ва херал росулъ хут1арал бихьиназул зах1маталдалъун ц1и гьабуна чанго гектар реххун тараб ракьул. Гьелъие бук1инч1о я къаси макьу я къад х1алхьи. Кинабго къуватги бажариги буссинабун бук1ана рагъуе кумекалъе ва тылалда маг1ишат г1уц1иялъе. Гьей йик1ана кидаго росулъ руччабазда гьоркьоб бич1ч1и кьеялъул х1алт1иялъул председатель. Гьелъул х1аракаталдалъун парторглъун йигеб заманаялъ, партиялъул мухъилъе лъугьинаруна чанго ч1ужуг1адан. Кидаго йик1ана росдал советалъул депутатлъунги, райкомалъул Пленумалъул членлъунги, районалъул ва республикаялъул бат1и-бат1иял конференциязулги, съездазулги делегатлъунги.

Росулъ къварилъи бук1аниги г1ат1илъи бук1аниги к1алъазе бугеб махщелалъги батила, гьелъухъ г1енеккулел рук1арал ва щиб гьабизе лъугьаниги бажариги бук1араб. К1удияй эбел йик1ана кверал меседилай устарги. Букъулаан рет1ел-рессулаан салмагал-т1ансаби. Чанги руччаби ругьун гьаруна жиндирго махщалие. Гьабураб х1алт1ухъ гьелъ киданиги мухь босулароан ва мурад т1убач1ого чиги толароан. Къаси-къасиялде Маламух1амадилги Пат1иматилги гъасде рак1арулаанила жалан бицуна гьаб жакъаги чангияз, гьел рук1анила хабар-к1ал гьуинал г1адамал. Рук1ун руго гьединго г1емерал гьалбал, гьудуллъи гьалмагълъиги. Гьобол-гьудул гьеч1елги гьезда рещт1унаанилан бицунаан гьез. Чанго соналъ гьей х1алт1ана ясли-ах рагьидал заведующаялъунги, хадуй мустах1икъаб х1алхьиялде инег1ан поварлъунги. Гьеб мехалъги гьелъ т1уразарулаан жамг1иял х1алт1аби. Гьелъул зах1мат к1одо гьабуна х1укуматалъ грамотабаздалъун ва чанго медалалдалъун.

К1удада Х1ажиев Маламух1амад мунагьал чурад 16-17 сон барав чи т1оцеве г1ахьаллъун вуго инкъилабалъул рагъулъ, хадуб К1удияб Ват1анияб рагъулъ. Рагъде инег1анги, вуссун хадувги х1алт1ана учительлъун, библиотекаялъул заведующийлъун, совхозалъул завскладлъун, ревизионнияб комиссиялъул хиси гьеч1ев председательги гьев вук1ана. Гьесие бегьулароан гьереси, кинаб бук1аниги т1екъаб-мекъаб жоги. Абизе ккаралъуб бадибе раг1и абулев х1акъав чи вук1ана. Кутакалда рокьулаан газетал ц1ализе ва хъвазе, вук1ана хиси гьеч1ев агитаторги. Ц1акъ берцинго хъвалаан пандур. Гьединан 60 сонилаб цадахъаб г1умру т1амуна дир к1удияй эбелалъги к1удияв инсуцаги ва нахъа тана бокьарал бахилаб берцинаб г1умрудул нух. Гьабсаг1атги росулъ кинаб тадбир бугониги рак1алде щвезарула лъик1аб рахъалъ. Росулъ бищун цере гьез рит1ана лъималги ц1ализе ВУЗазде. Гьелги рахъана учительзабилъун.

1989 соналъ хвана к1удада ва 1990 соналъ хвана к1одоэбелги. Гьезул кинабго гьабурабщинаб кирилъун хъваги Т1адег1анас.

Ахиралдаги дица гьаниб хъвалеб буго Мусаева Пат1иматица рагъде арал г1олохъабазде гьабурал коч1ол мухъалги:

Ват1анияб рагъде аразде

Дур щекъер х1улаяб х1улияб гагу

Нижер магъилъе мун щайзе ах1т1олеб

Гьаракь къот1ун ккаял гагудал т1анч1и

Ч1ирч1идулел щайзе нижер росулъе.

 

Исана гъут1бузда т1егьго балебдай

Т1ад руссун рокъоре нуж рач1инег1ан

Т1асса магъилъ ссанал рецулеб мехалъ

Цоцада к1алъалев чи вук1инадай.

 

Улбул г1одилел тун г1оралги рахун

Г1олохъаби ана Ват1ан ц1унизе

Яцал угьдилел тун сапарги бухьун

Чанги васал ана улка ц1унизе.

 

Зоб гъугъан гъегъ баги Германиялде

Нижер гъалбац1азе гъара гьабурав

Гъогъол г1анси т1еги Гитлерил рокъой

Гьабгущинаб балагь нижей гьабурав.

Просмотров: 537 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz