Гьал г1агарал къоязда нилъедаса ват1алъана цойги лъик1ав инсан, такрарлъи гьеч1ев хъвадарухъан, махщел камилав журналист Гъазимух1амад Гъалбац1ов. Гьавуна Гъазимух1амад 1960 соналъ Бакьагьеч1и росулъ. Школа лъуг1изабуна Буйнакск шагьаралда. Германиялда (ГСВГ) рагъулаб хъулухъги т1убазабун, 1981 соналъ гьев ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъияб Педуниверситеталъул художествениябгун графикияб факультеталде. Гьелдаса хадуб х1алт1ана гостелерадиокомпаниялда радиопередачабазул редакторлъун. 20 г1ан соналъ гьес, лъиданиги релълъинч1еб жиндиего хасиятаб къаг1идаялъ ва аслияб жо-г1адатал г1адамазе бокьуледухъ бачунаан «Заманалда цадахъ» ва «Г1аданги, г1амалги, заманги» передачаби. Гъалбац1овас заочно ц1алун лъуг1изабуна Максим Горькиясул ц1аралда бугеб литературияб институт. Хъвадарухъан х1исабалда, Гъазимух1амадил къват1ире рач1ана «Ганч1ал», «Ва бана г1азу» ва гь. ц. т1ахьал. Гьабуна редакторлъи республикаялъул «Сабаб», «Имамат» журналазе. 1990-абилел соназ музыкалиябгун драматикияб театралда лъуна гьесул асараздасан лъабго спектакль, 2010 соналъ-«Алла Пугачева» комедийнияб пьесаги. Гъазимух1амад г1ахьаллъана Москваялда т1обит1араб Т1олгосоюзалъулаб г1олохъанал хъвадарухъабазул совещаниялда, х1алт1ана «Х1акъикъат» газеталда. 2005 соналда къват1ире рач1ана г1урус мац1алда Гъалбац1овасул к1иго т1ехь: «Откровения падающего вверх» ва «Мысли обреченного жить». Гъалбац1овасул журналистасулаб х1аракатчилъи чанц1улго к1одо гьабуна Дагъистаналъул журналистазул союзалъул «Меседил ц1ум» премиялъ ва рик1к1ен г1емерал грамотабаз. Мунагьал чурад кколаан ДРялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъанлъун, Россиялъул журналистазул Союзалъул членлъун. Г1умруялъул ахирисел къоязде щвезег1ан Гъазимух1амад х1алт1ана РГВК «Дагъистаналъул» миллиял передачабазул шеф-редакторлъун. Маг1арул миллаталъе ккараб к1удияб камиги г1ахьал гьабун, гьев сахав ракьцояв лъалев вук1аралщиназда, гьесул хъизан-лъималазда, яц-вацазда, т1олабго г1агарлъиялда ва росуцоязда гъваридаб пашманлъиялъул зигараги балаго «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул администрация «Росдал зах1матчи» газеталъул редакция Бакьагьеч1и росдал ва районалъул жамаг1атал.
|