Гьал г1агарал къоязда нилъедаса ват1алъана цойги лъик1ав инсан, такрарлъи гьеч1ев хъвадарухъан, махщел камилав журналист Гъазимух1амад Гъалбац1ов. Гьавуна Гъазимух1амад 1960 соналъ Бакьагьеч1и росулъ. Школа лъуг1изабуна Буйнакск шагьаралда. Германиялда (ГСВГ) рагъулаб хъулухъги т1убазабун, 1981 соналъ гьев ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъияб Педуниверситеталъул художествениябгун графикияб факультеталде. Гьелдаса хадуб х1алт1ана гостелерадиокомпаниялда радиопередачабазул редакторлъун. 20 г1ан соналъ гьес, лъиданиги релълъинч1еб жиндиего хасиятаб къаг1идаялъ ва аслияб жо-г1адатал г1адамазе бокьуледухъ бачунаан «Заманалда цадахъ» ва «Г1аданги, г1амалги, заманги» передачаби.