Дунялго асир гьабилин рук1арал фашистазул планал щущахъ риххизаруна советияб халкъалъ.
Т1аде к1анц1арал тушбабаздаса киданиги нахъе къач1ел дагъистаниялги рахъана гьезие дандекколеб жаваб гьабизе. К1удияб Ват1анияб рагъде аразда гьоркьов вук1ана Хунзахъа Гьит1инов Давуд Х1ажимух1амадовичги.
Давуд гьавуна 1922 соналъ г1адатияв векьарухъанасул хъизамалда. 1939 соналъ росдал школалъул 7 классги лъуг1изабун, гьев х1алт1ана Сталинил ц1аралда бугеб колхозалда, хадуб райпоялда. Г1агараб Ват1ан фашистаздаса ц1унизе Дибир ана 1942 соналъул февраль моц1алда. Давуд ккола Москваялде 160-леб пограничнияб полкалде. Гьеб соналъул ахиралда гьезул часть бикьула. Давуд вит1ула ВВНКВДялъул 445-леб кьвагьдохъабазул полкалъул 201-леб бат1а бугеб кьвагьдохъабазул батальоналде. 1943 соналъул январалда гьезул часть рехула 3-леб Украинаялъул фронталде. Часталда цебе лъураб аслияб масъала бук1уна багъулеб армиялда нахъе х1инкъи гьеч1олъи бук1инаби. Гьеб мурадалда часталъ т1атинаризе кколаан тушманас ургъунго гъоркь тарал хъачагъал, шпионал, диверсантал. 18 марталда немцаз Сваштова шагьаралде бомбаби ралаго Давуд лъукъула. Ругъун сахлъидал, Д. Гьит1инов т1ад вуссуна жиндирго часталде. 1944 соналъ г1асиял рагъазул х1асилазда фашистаздаса эркен гьабула бакът1ерхьул Украина. Гьеб мехалъ Давудил часть рехула Равенский областалде. Фашистаздаса гьеб мухъ эркен гьабуниги гьез гьенир тун рук1ана бандеровцазул вах1шиял къукъаби. Фашистазул рахъалда ругел бандеровцаз к1удияб квал-квал гьабулеб бук1ана Советияб Армиялъе.
Дол соназ Степанский районалъул цо росулъ г1уц1ун бук1уна колхоз. Баг1араб Армиялде данде г1адамал разе гьаризелъун, нилъер солдатазул формаги рет1ун машинаялдаги рач1ун, бандеровцаз гьеб росдал советалъул мина бух1ун, г1адамал ч1ван вах1шилъи гьабула. Заман иналдего Гьит1инов Давуд гьалмагъзабигун цадахъ вит1ула гьеб росулъе, хъачагъал араб рахъги ц1ехон, гьел ралагьизе. Лъалк1 балагьулеб гьвел кумекалдалъун, гьел хъачагъазул гъоркьч1алиде т1аде ккола. Бандеровцал т1аг1инарулаго, солдатазул к1игояв ч1ван, чангояв лъукъун камиялги ккола. Гьеб рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ Давуд мустах1икълъула «За отвагу» медалалъе. Гьеб медаль гуребги, Давудие щун рук1ана жеги 8 медаль, цойгидалги шапакъатал. Кинабниги 7 сонгун 2 моц1алъ Армиялда хъулухъги гьабун т1ад вуссана Давуд г1агараб росулъе.
Рагъдаса вуссун хадуб, Давуд х1алт1ана банкалда, хадуб колхозалда. Гьесги хъизаналъги г1езаруна лъабго яс ва цо вас.
К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи Гьит1инов Давуд абадияб рокъове вуссана 1993 соналда. Нахъе гьеч1о гьесул васги. Аллагьас Алжан кьун рохун ратаги гьел.
Абадияб рецц нилъер бах1арзазе!
П. Гунашева.
|