Суббота, 27.04.2024, 02:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 20 » Г1ОЧ1ЛОСЕЛ-ЛЪИК1АЛ Г1И-БОЦ1УХЪАБИ.
20:41
Г1ОЧ1ЛОСЕЛ-ЛЪИК1АЛ Г1И-БОЦ1УХЪАБИ.

Г1оч1ло ккола районалъул бищунго рик1к1адал росабазул цояб. Нус-нус соназ цебе умумуз т1аса бищараб Г1арахъ мег1ералъул каранда жакъа къоялъги г1умру гьабулел руго зах1мат бокьулел, т1аде вач1арав гьобол-гьудуласе рак1 рагьарал г1адатиял г1адамал, 2012 соналдаса г1еч1ендерил бегавуллъун вуго т1адег1анаб лъаялъул махщалилав Г1абдурашидов Байсултан.

Баян: Г1оч1ло росдал советалде гъорлъе уна 3 росу: Росдал администрациялъул центр-Г1оч1ло, Т1адколо ва г1ат1иракьалда-хъутаналда бугеб Г1архъида. Росдал администрациялъул хъвай-хъваг1аялда бугеб 250 ц1аракиялда г1умру гьабун буго 1000 г1анасев чияс. Ахирал соназ бет1ербахъиялъе квег1енлъаби г1ат1иракьалда ц1ик1к1ун ругилан, хъутаналъулаб Г1архъида к1одолъун бач1ана. Гьабсаг1ат 120 хозяйствалда. 230 г1аги г1оч1лосес г1умру гьабулеб буго гьениб.

Аслияб бет1ер бахъи. Районалъул г1емерисел росабалъго г1адин, г1еч1ендерилги аслияб маг1ишатияб х1аракатчилъи г1и-боц1ухъанлъиккола. Данде къан босун лъабабго росдал г1адамазул бет1ергьанлъиялда буго 800 ялдасаги ч1ег1ерх1айван. Ахираб заманалъ г1адамазул, хасго г1олохъанаб г1елалъул гьелде гьеч1еб гъираялъги киг1ан зах1мат бихьун г1езабуниги багьаго гьеч1ел ниг1матазги г1и-боц1ул къадар г1емерго г1одобе ккана. амма ч1ах1иял росабазе данде ккунгицин гьит1инабго Г1оч1лоб рехсей гьабураб тарих г1урабго къадар буго. бат1аго маг1арухъ Г1оч1ло босанигицин цо рукъалт1е 5 х1айван кколеб буго. Г1иялин абуни лъабабго росулъ 3500 бет1ералдасаги ц1ик1к1уна, щибаб ц1аракиялъе 16 г1иялъажо кколеб буго, киназго гурелъулха гьел хьихьулелги.

Дагъистан тун къват1ире инч1ониги сезоналъул х1алт1абазда бак1-бак1алда х1алт1ун г1арац балагьизе рахъунел г1олохъаби камуларилан бицана бегавулас. Гьанже киналго маг1арул росабазе хасиятаб г1аламат-ч1обого хут1арал рукъзалги дагьал гьеч1ила, амма аслияб къаг1идаялъ гьел кколила хъутаналде гочарал г1адамазул минаби. Цох1о Буйнакскиялде гочун буго 15 г1аги хъизан. Мах1ачхъалаялда Хасавюрталдаги камун гьеч1ила г1еч1ен.

Г1аммаб маг1ишат. Советазул Г1оч1ло росдал Тельманил ц1аралда бугеб колхозги ч1ара-хьараб экономикаги бугеб, колхозчаг1азул бет1ербахъиги, лъик1аб маг1ишатлъун рик1к1унаан. Бук1ана гьелъул росдаего пайда-хайирги. Гьанжейин абуни, Г1абдурашидовас бицана колхозалъул г1и-боц1и т1убанго лъуг1изабунилан. Цебе г1и-боц1ухъанлъиялъе раг1и-хер гьабиялъе бук1араб хурухъанлъи бугила гьанже маг1ишатияб аслияб бут1алъун. 100 гектар бугила хъутаналда бекьулеб ракьалъул. Араб соналъ 40 гектаралда хаслихъе ролъ бекьанила, хут1араб 60 гектаралда ихдал пурч1ина бекьиялъе х1адурлъаби гьарулел ругила жалилан бицана Байсулт1аница. Техникаги бугила жидер басралъун, чанц1улго капиталияб ремонтги гьабун х1алт1изабулеб. Бугила К-700 к1удияб тракторги, ДТги, бульдозерги, к1иго МТЗ тракторги, гьезул цояб гьанже г1агар лизингалде босун бук1анила, гьелъулго бук1унила ч1аголъи.

Араб соналъ хъутаналда боц1уда гьоркьоб жеги республикаялда бук1инч1еб нодулярияб дермотит абулеб унтиги багъарун, карантинги лъун районалъул ветуправлениялъул х1алт1ухъабиги жалгоги моц1г1анасеб заманалъ гьеб унтигун къеркьезе ккеялъулги бицана Г1абдурашидовас. Гьеб унти жидеде бахараб 20 х1айван бух1изе кканила, гьелъухъ рец1ел-компенсацияги кьунила.

Аслияб куцалъ жиндир кумекчаг1и кколила росдал советалъул депутатал, камуларила х1аракатал жамаг1атчаг1иги. Гьединазул х1аракаталдалъун дандч1валел зах1малъабиги къезарун жиндирго хасиятаб ч1аголъиялда унеб бугила г1еч1ендерил г1умру-яшав.

Просмотров: 494 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz