Автор.И.Мух1амадов.Март 2017с.
Г1оч1ло ккола районалъул бищунго рик1к1адал росабазул цояб. Нус-нус соназ цебе умумуз т1аса бищараб Г1арахъ мег1ералъул каранда жакъа къоялъги г1умру гьабулел руго зах1мат бокьулел, т1аде вач1арав гьобол-гьудуласе рак1 рагьарал г1адатиял г1адамал, 2012 соналдаса г1еч1ендерил бегавуллъун вуго т1адег1анаб лъаялъул махщалилав Г1абдурашидов Байсултан.
Автор.Р.Х1амзатов.Март 2017с.
Булул Г1абдулмажидова г1адинал зах1маталъул церехъабазул адаб-х1урматги гьабула, хадусеб г1елалъ мисал босизесебги г1емер батула. Багьадураб зах1маталъ жидерго г1умру берцин гьабурал г1адамалги дагьал гьеч1о нилъер районалда. Жакъа нилъеца бицен гьабулей Г1абдулмажидова Булул лъаларел к1удияб г1елалъул г1адамазда гьоркьор г1емерго ратиларо. Жиндир заманалда г1емер бицана, хъвана гьей унго-унголъунги зах1маталъулай г1аданалъул, г1адатияй колхозч1ужуялъул х1акъалъулъ.
Автор.Г1алиева Г1айшат,Март 2017с.
Ват1ан, мун бокьизе т1оцебе дида
Лъицадай малъараб гьаб дунялалда
Лъица абадиялъ унареб х1алалъ
Дир х1асратаб рек1елъ бик1араб дур ц1ар.