Халкъазул цолъиялъул къоялъул х1урматалда Хунзахъ районалъул музеялда т1обит1ана т1олабго Россиялдаго лъазабураб «Музеялда искусствабазул сордо» тадбир. Ц1акъ интерес ц1ик1к1араб, пайдаяб х1алалда г1уц1ун бугоан музеялъул х1алт1ухъабаз исана гьеб: гьале нек1сияб бертадул г1адатги, гьале ц1адухъ рак1ал журарал харбалги, к1к1уйдул мах1 бахъарал умумузул квеналги, рак1алдаса унареб аваданлъиги. Цойги рохизе ккараб х1ужа бук1ана гьеб къоялъ районцоязе! Районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасул, администрациялъул вакилзабазул, управлениязул, отделазул нухмалъулезул, г1уц1абазулгун учреждениязул коллективазул г1ахьаллъигун музеялда рагьана цойги ц1ияб зал. Гьенир сок1к1ун руго Г1орт1аколо абулеб бак1алда ратарал археологиял находкабазул 3 азаргог1ан экспонат. Гьоц1дерида г1агарлъухъ бук1араб росулъ г1умруялъул нуг1зал кколел руго 10-12 г1асрабаздаса рач1арал «гьалбал» щаг1ил хъубиги, х1алт1ул алаталги, т1ад г1ажаибаб каллиграфия бек1к1арал ганч1алги, х1алт1ул алаталги-камураб щибго гьеч1оан гьениб! Лъаг1алида жаниб к1иабилеб рагьулеб буго т1адеги зал нилъер музеялда. Цояб, Кавказалда ругел рух1ч1аголъабазул, рагьана лъаг1алил байбихьудаго ва гьеб рагьиялъ лъик1аланго ц1ик1к1ана музеялде рач1унел школлъималазул, ч1ах1иязул къадар. Гьалеха лъаг1алил ахиралдаги, музеялъул диерктор Шамил Г1алиевасул х1аракаталдалъун ва гьесие х1ажаталъур хьолбохъ ч1олел музеялъул х1алт1ухъаби-ясазул х1алт1уде бугеб рак1 унтиялъулгун рокьул х1асилалдалъун, рагьана т1адеги зал. Бихьизабизе ккола гьал сахал рак1азул г1адамаз жидерго бук1араб кабинет сверизабун буго гьелде. Гьале дица доб рехсараб х1алт1уде рокьи! Зал рагьиялъул х1урматияб тадбиралда г1ахьаллъарав музеялъул х1ажалъабазе кумекалъулаб квер кидаго бегьулев Саг1ид Юсуповас т1адег1анаб къимат кьуна музеялъул х1алт1уе, бихьизабуна араб ц1унич1ев чиясул бук1инесебги гвангъараб бук1ине рес гьеч1ин, баркана данделъаразда халкъалъул цолъиялъул къоги, ах1ана киналго гьудуллъи-вацлъиялдеги. Лъик1абго ихтилат-кеп г1уц1ана гьеб сордоялъ Россиялъул халкъазул традиционнияб культураялъул х1аракатчаг1аз. Азарабго баркала буго гьезие, квачараб сардил г1ужалъухъ балагьич1ого, мажлис релъинабуралъухъ. Г1ат1ал хинк1аздаса, бух1унч1ик1алдаса, т1аг1амал ц1урачадаздаса, мугьалдаса байбихьун нат1ух1алде щвезег1ан гьоболлъи г1уц1арал музеялъул х1алт1ухъабазеги буго баркала, Аллагьас садакъа къабул гьабеги нужер!
Жакъа къоялда х1акъикъаталдаги х1ажат руго гьединал, нилъер умумузул, гьезул г1умру-яшав цебе ч1езабулел, нилъго аварал рук1ин рак1алде щвезарулел тадбирал. Гьелъ нилъ киналго цолъиялдеги рачуна, рек1ел ах1вал-х1алги борхизабула. Доб сордоялъ музеялда рук1аралщиназе (ц1ар-ц1ар ккун рехсеч1ониги) адабалда бет1ерги къулун лъуг1изабулеб буго.
Ф. Мух1амадова.
|