Четверг, 09.05.2024, 20:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 8 » Ц1АР МЕКЪИ ХЪВАНИГИ, МУН, ДАИМЛЪАНА.
14:32
Ц1АР МЕКЪИ ХЪВАНИГИ, МУН, ДАИМЛЪАНА.

Божуда рек1к1ги гьабун, 1941 соналъул 22 июналда нилъер Ват1аналде т1аде Гитлерилаб Германиялъул фашистал к1анц1араб мехалда, гьанжего гьанже михъида х1ур ч1вазе байбихьарал г1олохъабиги ана бокьун г1арзаги кьун нилъер г1агараб Ват1ан ц1унизе. Гьеб рагъулъ к1удияб бах1арчилъи, къох1ехьей, бихьинчилъи бихьизабуна нилъер г1олохъабаз. Нусиялда ункъого азаргоялдаса ц1ик1к1ун г1олохъанчи х1инкъи-къай лъач1ого рагъулел рук1ана рагъул фронтазда, партизаназул отрядазда, х1аталдаса ун бергьараб бихьинчилъи ва бах1арчилъиги бихьизабулаго. Гьезул щивав к1иабилес рух1 кьуна нилъер г1агараб Ват1ан ц1униялъе, гьеб чияда бараблъун бук1инч1олъиялъе г1оло.

Нилъер районалдасаги ана гьеб вах1шияб рагъде г1олохъанчи. Гьездасан каранда орденал, медалалги ран к1удияб бах1арчилъиялда Ват1ан ц1унун т1ад руссаралги ккана, араб бак1 лъач1ого т1аг1аралги ккана, хобал щвеч1ого, мусру бач1ого бак1-бак1алда хут1аралги ккана.

Араб бак1 лъач1ого т1аг1аразда гьоркьов рехсолев вук1ана нилъер районалъул Хьиниса Г1умаров Т1алх1ат Мирзакъадиевичги. Лъалел рук1инч1о гьесул рагъулаб нухалъул, гьесул гьунаразул х1акъалъулъ кинал рук1аниги баяналги.

Гьал къоязда нижеда лъана гьит1инав сержант, гьаваялъул кьвагьдохъан (воздушный стрелок) 1940 соналъ Буйнакскиялъул РВКялдасан рагъулаб хъулухъалде арав Т1алх1ат Мирзакъадиевичасул рагъулаб нухалъул х1акъалъулъ баянал.

К1удияб Ват1анияб рагъда хварал нилъер бах1арзазул ц1арал даималлъун гьариялъе г1оло «Ват1аналъул солдатал» абураб рак1алде щвеялъул т1ехь къват1ибе бач1ун хадуб, нилъер районалъул Хьини росулъа Чагучиева Чакар Гунашевнаялда батула К1удияб Ват1анияб рагъда араб бак1 лъач1ого т1аг1арав жиндирго имг1ал Г1умаров Т1алх1ат (Довгат) Мирзакъадиевичасул ц1ар т1ехьалда мекъи хъван бук1ин. Гьелъ г1арза хъвала т1ехьалъул редколлегиялъул председатель О. М. Муртазаг1алиевасухъе, 1920 соналъ Хунзахъ районалъул Хьини росулъ гьавурав жиндир имг1аласул «Т1алх1атилан» абураб ц1ар «Довгатилан» мекъи хъван бугилан.

Россиялъул Т1олгосоюзалъул ц1ех-рехазул отрядалъул (ВПО) кумекалдалъун Россиялъул ВПОялъул председателасул заместитель Исмаг1илов Рашид Айдыковичасул нухмалъиялда гъоркь к1ола «Довгат» «Т1алх1ат» вук1ин ч1езабизе. Гьединго мух1кан гьарула Т1алх1ат Мирзакъадиевичас кинаб рагъулаб полкалда хъулухъ гьабулеб бук1арабали, кинаб рагъулаб нух гьес нахъа тарабали, щварал шапакъатал. Т1. Г1умаровас рагъулаб хъулухъ гьабулеб бук1ана 102 авиаполкалда, Керчь-2 шагьаралъул аэродромалда аск1об бугеб Юго-Западалъул фронталда.

Т1. М. Г1умаровасул полкалъ жидерго частазде рехулаан х1ажатаб къайи-къоно ва тушманасул ч1ей бугел бак1ал щущахъ рихизарулаан. Гьедин, Ли-2 экипажалъ кьаби щвезабуна тушманасул техника ва ч1агояб къуват буссинабураб Крымалда ругел Верхне ва Нижне баканалъул, Васильевкаялъул, Глебовкаялъул, Симеиз порталъул районазде. Рагъулаб т1адкъайгун гьеб полкалъулал роржана Курск ва Орел шагьаразул ракьазде. Гьезул Ли-2 экипажалъ къасимехалъ бомбаби рехулаан тушманас ч1ей гьабурал бак1азде.

1943 соналъул июль ва август моц1азда полкалъ г1ахьаллъи гьабуна Ленинградалъул фронталъул гьужумалъулал операциязда. «Хвойная» аэродромалдасан полкалъ бомбаби рехулел рук1ана ц1ик1к1ун щула гьабураб Мгинский районалде.

Гьебго соналъул август-сентябрь моц1азда рагъулаб т1адкъай т1убазабулеб бук1ана Централияб аэродромалдасанги.

1943 соналда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун немцазулалгин фашистазул хъамалчаг1азде данде гьабулеб рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе ва бихьинчилъиялъе г1оло полкалъе щвана Баг1араб Байрахъалъул орден.

1943 соналъул сентябралъул ахиралда полк боржана Михайловкаялъул аэродромалде ва г1ахьаллъи гьабуна Киневскалъул рохьобе десант рехиялда ва гьедин Воронежалъул фронталъул аскаразе кумек гьабуна Днепр г1ор бахине ва Канева районалдехун кколеб плацдарм бахъизе.

Цо сордоялъ гьабураб лъабго рорженалдалъун, 102 полкалъул экипажаз Днепр г1орул кваранаб рахъалдехун рехана 54 самолеталъул кумекалдалъун 935 десантник ва 27 тонна х1ажатаб къайи-къоноялъул.

Хадубги Воротынск (Калуга шагьаралда аск1об) Валерьяновка, Андреаполь аэродромаздасан х1ажатаб бак1азде десанталги рехун, полк боржана Ленинград шагьаралда гъоркьехун бугеб Левашовалде.

1942 соналъул декабрь моц1алдаса 1943 соналъул май моц1алде щвезег1ан Т1алх1ат Г1умаровас рехсараб полкалда гьоркьов г1ахьаллъун гьабуна 35 рагъулаб роржен, гьездасан 26 рагъулаб роржен къасимехалъ, маххул нух ва тушманасул коммуникациял: Орел, Брянск, Смоленск, Крымская кьвагьизабиялъе, гьединго Керчь-2, Саки, Сарабуз районазда ругел аэродромал рихха-хочизариялъе. Рогьалил заманалда гьес 9 роржен гьабуна ц1ат1ари, рагъулал алатал, медицинаялъулгин санитарияб къайи-къоно лъелал аскаразе щвезабиялъул ва лъукъарал тылалде раччиялъул мурадалда.

10 рагъулаб роржен гьабуна Г1умаровас тушманасул истребителазда хадув воржунаго, гьезул унго-унгояб гьужумалда гьоркьовеги лъугьун.

Г1умаровасул бергьун к1удияб махщалил х1асилалда, самолетал кидаго х1адур рук1унаан рагъулаб т1адкъай т1убазе ине. Шапакъатазул т1амачалда рекъон Т1алх1ат Мирзакъадиевич вихьизавун вук1ун вуго К1удияб ват1анияб рагъул 2-1 даражабазул орденазе, «Бах1арчилъиялъе г1оло» медалалъе.

Г1умаров Т1алх1атил рук1ана 2 вац ва цо яц. К1иявго вац хвана. Нахъе йиго яц Г1умарова Шамай. Гьелъул руго щуго яс ва цо вас, 17 лъимадул лъимер ва 24 гьезлги лъимал. Г1умру гьабун йиго Буйнакск шагьаралда.

Рак1алде ккола т1олабго г1агарлъи, киналго районцоялг1адин ч1ух1изе бегьилин Ват1аналъе г1оло рух1 кьун вагъарав жидерго бах1арчиясдаса. Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о.

Н. Г1алиева.

Просмотров: 471 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz