Щибаб соналъ нилъер улкаялда к1одо гьабула т1олгохалкъалъул байрам – Бергьенлъиялъул Къо. 72 соналъ цебе Советияб Армиялъ ва миллатал г1емераб улкаялъул миллионал г1адамазул бах1арчияб къеркьеялъул х1асилалда щущахъ биххизабуна фашистазулаб Германия. Рагъ лъуг1ана Советияб Армиялъул бергьенлъиялдалъун. Нилъер халкъалъе гьеб бергьенлъи щвана фронталдаги тылалдаги Советияб халкъалъ бихьизабураб къуркьи гьеч1еб бах1арчиялъул, гьудуллъиялъул, гъункиялъул, вацлъиялъул ва г1акъилаб нухмалъиялъул х1асилалда.
Т1олабго Советияб халкъалда гъорлъ гьеб бергьенлъи г1агар гьабиялъулъ к1удияб бут1а лъуна нилъер районалъул г1адамазги. Мух1кан гьарурал баяназда рекъон, нилъер районалдаса доб г1асияб рагъде ана 2634 г1олохъанчи, 1407 чияс жидерго г1умру къурбан гьабуна гьайбатаб улкаялъул чияда бараблъун гьеч1олъиялъе г1оло.
Бергьенлъиги босун рагъдаса нахъе руссарал 1227 язул курмул къалъизарун рук1ана орденаз ва медалаз ва гьез х1аракатаб къеркьей гьабуна ч1унтизабураб халкъияб маг1ишат рук1алиде ккезабиялъулъ ва хадубккун гьеб цебет1езабиялъулъ. Биччанте К1удияб Ват1анияб рагъда советияб халкъалъ, гьездаго гъорлъ нилъер районалъулги г1адамаз бихьизабураб хвел гьеч1еб гьунар г1елаз г1елазухъе кьун, цебеса цебе босизе ва гвангъараб мисаллъун бук1ине!
К1удияб Ват1анияб рагъул ва зах1маталъул фронталъул ветераназда, солдатазда ва офицерзабазда, районалъул т1олабго г1адамазда рак1-рак1алъ баркула К1удияб Бергьенлъиялъул къо.
Гьарула киназего щулияб сахлъи, халатаб г1умру, щибаб хъизаналъе талих1, район цебет1езабиялъул мурадалда гьарулел ишазулъ бергьенлъаби!
«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бет1ер С. Юсупов
Райсобраниялъул председатель Х. Хваджаев.
Районалъул рагъул ва зах1маталъул ветераназул советалъул председатель З. Гъайирбегов.
«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив