Гьал къоязда нилъер районалде бач1ана лъик1аб хабар-Байикь росулъ бугеб «Стелла» ва т1анусдерил «Машгьурал г1адамал» СПКязде «Меседилаб хасалихълъи-2015» т1олгороссиялъул агропромышленнияб выставкаялдаги г1ахьаллъун гьезие меседил медалалгун дипломал щвеялъ киналго рохизаруна. Россиялъул Федерациялъул Росдал маг1ишаталъул министерствалъ к1иябго СПК гьединал сайгъатаздалъун к1одо гьари ккола тайпадулаб г1и-боц1и г1езабиялда гьез бихьизабураб х1аракатчилъиялъул, багьадураб зах1маталъул х1асил. «Стеллаялъ» выставкаялде рач1ун рук1ана Туш ва «Машгьурал г1адамал» СПКялъ Дагъистаналъул муг1рузулаб тайпаялъул г1иял.
Баркула к1иябго СПКялъул нухмалъулездагун г1и-боц1ухъабазда щварал бергьенлъаби. Санайил гьединал х1асилазде рач1ине сах-саламат таги нуж. Хадубккунги икъбал нужее х1урматиял г1и-боц1ухъаби.
|