3 апрелалда Мах1ачхъалаялда Дагъистаналъул Пачалихъияб аграрияб университеталъул Мух1амад Жанбулатовасул ц1аралда бугеб спортзалалда т1обит1ана нилъер ч1ух1и, Россиялъул Бах1арчи генерал Х1айдархан Х1ажиев рак1алде щвезавиялъул мурадалда теннисалъул турнир. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна районалъул 65 спортсменас. Тадбир г1уц1ун бук1ана районалъул обществоялъул ва администрациялъул х1аракаталдалъун.
Турнир рагьулаго к1алъазе рахъана Хунзахъ районалъул обществоялъул председатель Ах1мад Х1усейнов, цебе Хунзахъ КПССалъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1илев вук1арав Гъази Мух1амадов, Россиялъул журналистазул союзалъул член Шамил Мух1идинов ва цогидалги. Гьел киназго иргадал бицана Х1айдархан Х1ажиевасул, гьес нахъе тараб зах1матаб нухалъул ва бах1арчияб ц1аралъул х1акъалъулъ.
Х1алуцараб къецазул х1асилалда т1оцебесеб бак1 босана Нак1к1икьа Г1алих1ажиев Г1усманица, к1иабилеб бак1алъе мустах1икълъана Хунзахъа Х1амзатов Х1амзат ва лъабабилеб бак1алъе мустах1икълъана Нак1к1икьа Г1исадибиров Шигьабудин. Бат1ит-бат1иял номинациязда бергьенлъи босана Ч1ондокьа Арсенхан Къурбановас турниралъул бищун ц1ик1к1арав г1ахьалчи, Харахьиса Мух1амадбегов Расулица – бергьенлъиялде бахъараб х1аракаталъухъ; Ч1ондокьа Чупанов Сулеймание – турниралъул бищун г1олохъанав г1ахьалчи; балагьаразул рак1ал асир гьариялъул приз – Хунзахъа Мух1амад Х1усеновасе; г1олохъанав махщалилав – Г1обода Абулмуслим Мух1амадовасе.
Турниралда призалъулал бак1ал ккурал ва щибаб номинациялда бергьенлъи босарал теннисистазе кьуна г1арцулал сайгъатал, кубокал, медалал, Дагъистаналъул муфтий, шайих Ах1мад-х1ажил «Благонравие проведников» абурал т1ахьал. Гьединго киназего лъаг1алие «Ассалам» газеталъе подпискаги гьабуна.
Тадбир ана т1адег1анаб даражаялда г1уц1иялда.
И. Мух1амадов.
|