Гьале ахиралде щолел руго хасалихълъиялъул къоял. Бач1араб хинаб гьава-бакъалдаса пайдаги босун г1адамаз раг1алде рахъинаруна ах-хуралъул х1алт1аби, рукъалде буссинабуна т1олабго маг1ишат. Эбел-инсуда цадахъ ц1алдохъабазги к1удияб бут1а лъуна гьел зах1маталде ругьун гьарулел х1алт1абазулъ.
Г1адатлъун батухъе щибаб санайилго г1адин, исанаги 23 октяралъ Хунзахъ лъималазул творчествалъул рукъалъ, лъаг1алил маг1ишат рукъалде буссинабиялъул х1урматалда школалъул азбаралда т1обит1ана «Меседилаб хасалихълъи» абураб бач1ин бак1ариялъул байрам. Гьеб байрам т1обит1изе х1аракат бахъулеб бук1ана т1олалго ц1алдохъабазги гьезул умумузги муг1алимзабазги. Цебеккунго байрам къоялде ц1алдохъабаз берцинго къач1ан рук1ана гьарзаго г1уц1арал хасалихълъиялъул кьер-кьерал ниг1матазул столал. Байрамалъул программаялде гьоркьобе бачун бук1ана хасалихълъиялъул букет, костюмал х1адури, хасалихълъиялъул г1аламатал ва гьелде бугеб рокьи загьир гьабун кеч1 рик1к1ин, ах1и, кьурди, сурат бахъи, газета-выставка г1адал конкурсал, выставкаби, сценариял.
Щибаб кружокалдеги бикьун т1обит1араб конкурсалъул х1асилалда лъималаз рихьизаруна жиде-жидее хасиятал лъик1ал номерал. Костюмалъул конкурсалде ц1алдохъабаз х1адурун рук1ана цояздаса цоял берцинал хасалихълъиялъул костюмал. Киназго бихьизабуна жидер г1иц1го костюм гьабизе гуребги, гьеб ц1унулеб овощалъул х1акъалъулъ г1емераб лъик1аб пайдаябщинаб лъалеб бук1инги. Балагьаразе ц1акъго |бокьулеблъун бук1ана «Чудо осени» командаялдаса Къадиева Самратил костюм. Гьелдаса нахъе ккезе ч1еч1о «Колосок» командаялъул вакилзаби. Гьеб конкурсалда 2 абилеб бак1 гьоркьоб бикьана «Ягодки» ва «Листопад» командабазул вакилзабаз.
«Бач1ин» абураб театрализованнияб сценкаялда т1оцебесеб бак1 щвана «Листопад» командаялъул вакилзабазе, хасалихълъиялъул х1акъалъулъ жидерго махщел бихьизабуна «Чудо осени» командаялъул вакилзабаз. Кьурдул конкурсалда бергьана «Колосок» команда. Кеч1 ах1иялъе ч1ел босана «Ягодки» командаялъ, «Каравай» конкурсалда ункъабго командаялъул вакилзабазе щвана 1-себ бак1.
Киналго хlacилал жюриялъ данде росидал, 1-себ бак1 гьоркьоб бикьана «Чудо осени» ва «Колосок» командабазда гьоркьоб, к1иабилеб бак1алъе мустах1икълъана «Ягодки» ва «Листопад» командаби.
Раг1алде рак1арана бач1ин бак1ариялъул конкурсал. Киналго рази хут1ана лъималазул творчествалъул рокъоб жидее г1уц1араб пайдаяб тадбиралдаса. Гьединаб кеп-г1оркьалда, аваданлъиялда ана лъималазул хасалихълъиялъулгун дандч1ваялъул байрам, гьеб г1уц1иялда.
Гинчадерица баркала кьуиа
Гьединго 26 октябралда Г1арани школа-интернаталда к1одо гьабуна бач1ин бак1ариялъул байрам. Гьеб байрамалде г1ахьаллъизе Г1аранире рач1ун рук1ана Гиничукь байбихьул школалъул ц1алдохъабиги. Байрам къоялде ц1алдохъабаз данде рак1арун рук1ана жидецаго г1езарурал овощал, берцинго къач1ан рук1ана бечедал ниг1матазул столал. Щибаб классалъул ц1алдохъабаз т1ад рет1ун рук1ана хасалихълъияльул г1аламатал загьир гьарулел костюмал. Лъик1аб церерахъин бук1ана 6-7 классазул ц1алдохъабазул. Гьез ах1улел ва рик1к1унел бук1ана хурухъабазул, ахихъабазул зах1маталде гьарурал куч1дул, бицана бач1иналъул, ахил, пихъил ниг1матазул къимат гьабизе ккеялъул.
Гьездаса нахъе ккезе ч1еч1о т1аде рач1арал гьалбал, гинчадерил г1исинал ц1алдохъабиги. Гьез рихьизаруна щибаб ниг1маталъул к1варалъул ва пайдаялъул сценкаби. Гьеб киналъго рес кьола ц1алдохъабазул ах-хуралде, зах1маталде рокьи бижизабизе, цоцазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи щула гьабизе.
Байрамалъул ахиралда гинчадерил лъималаз баркала кьуна жидее гьабураб гьоболлъиялъухъ ва лъик1аб х1ухьбахъиялъухъ интернаталъулазе . Ц1алдохъабазда бич1ч1ана х1алт1и гьеч1есул чед гьеч1олъи, чед гьеч1они г1умру ва гьединго зах1мат бихьич1ого рах1ат бук1унареблъи.
У. Къурамух1амадова.
|