22 ноябралда райадминистрациялда т1обит1ана ракьул участкабазул ва мина-мулкалъул налоговияб базаялъул актуализация гьабиялъул бицараб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул отделазул нухмалъулез, росабазул бегавулзабаз, гьезул секретарзабаз ва цогидалги жавабиял г1адамаз.
Данделъи рагьулаго районалъул бет1ерасул заместитель Шамил Г1аммаевас бицана мина-карталъул ва ракьул участкабазул налоговияб базаялъул актуализация гьабиялъул бугеб к1варалъул. Гьесул раг1абазда рекъон актуализация гьабиялъул план 170 % т1убазабун бугониги налогазул базаялде бач1ине кколеб г1арцул 60-70 % гурони бач1ун гьеч1илан. Гьелъие г1илла кколеб буго налогал рач1арал г1адамазул ц1арал ва адрес мух1кан гьабун гьеч1олъи. Данделъиялда чанго росабазул бут1руз бегавулзабаз налогал рак1ариялъул план ц1акъго ц1ик1к1инабун бугилан. Гьединал х1ужжаби кколел руго налоговияб хъулухъалъги Росреестралъги рихьизарурал баяназул база цоцазде данде ккунгут1иялъ. Росабазул бегавулзабигун цадахъ х1алт1и гьабиялъул отделалъул начальник Мух1удада Патах1овас бицана гьеб суалалда хурхун аслияб х1алт1и гьабизе кколин росабазул бут1рузилан. Гьединго гьес бицана налогазул хъулухъалъул х1алт1ухъабигун цадахъ щибаб рокъореги ун налогал рак1аризе ккеялъулги. Бицаралъул х1исабги гьабун, данделъиялъул ахиралда Шамил Г1аммаевас абуна х1алт1ул анкь лъабидеги бикьун, райцентралда, Харахьи ва Гьоц1алъ участкабазул г1адамалгун дандги ч1ван, гьезда актуализация гьабизе ккеялъул бицине кколилан. Ахиралда г1одор ч1араз кьуна жидерго суалалги.
И. Мух1амадов.
|