900 ялдаса ц1ик1к1ун ч1ужуг1аданалъ г1ахьаллъи гьабуна «Россиялъул бук1инесеб-улбузда кодоб» ан ц1ар тараб регионазда гьоркьосеб форумалда 23-24 ноябралъ Шималияб Кавказалдасаго гурел, улкаялъул тахшагьаралдаса, бат1и-бат1иял регионаздаса руччаби рак1арун рук1ана «Дом дружбы» к1алг1аялде гьеб къоялъ. Сахаб, такъсирчилъи-терроризмалдаса рик1к1адаб жамг1ият г1уц1иялъулъ руччабазул бугеб к1варалъулги бицун, республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас баян кьуна т1асияб соналъ машгьурав шаг1ир Расул Х1амзатовасул «Ц1уне улбул» ан бугеб ах1иги т1ад бек1к1ун Дагъистаналда эбелалъе памятник базе бук1иналъул.
|
Нилъер чемпионал.
|
Автор.Г1умаров Х1амзат.Ноябрь 2016с.
Гьанжелъизег1ан нилъер республикаялда бук1ана 17-го рохьихъанлъиялъул маг1ишат. Рохьазул къадар т1аде ц1ик1к1унеб, гьел ц1униялде кьолеб к1вар, жавабчилъиги ва бербалагьиги борхулеб бук1иналъ, гьанже г1агар т1адеги рагьана 5-го рохьихъанлъи. Гьезул къадар гьанже бахана 22-ялде. Гьеб къоло к1иго маг1ишаталъул цояблъун кколеб Шамил районалда бугеб «Советское Лесничество» рохьил маг1ишаталде гьоркьобе уна нилъер районалъул рохьил маг1ишаталъул участокги. Районалъул рохьил маг1ишаталъул бербалагьиялде гъоркье ккола Россиялъул Федерациялъул рохьил фондалде гьоркьобе унеб 1117 гектаралда ругел рохьалги цере росабазул маг1ишатазул ихтияралда 250 гектаралда рук1арал рохьалги. Ахираб 30-40 соналъ рохьил маг1ишаталъ т1аде г1езарурал рохьазул къадар малъич1ого, жалго рижун г1урал рохьазул къадарги дагьаб гьеч1о.
|
Автор.И.Мух1амадов.Ноябрь. 2016с
22 ноябралда райадминистрациялда т1обит1ана ракьул участкабазул ва мина-мулкалъул налоговияб базаялъул актуализация гьабиялъул бицараб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул отделазул нухмалъулез, росабазул бегавулзабаз, гьезул секретарзабаз ва цогидалги жавабиял г1адамаз.
|
Автор.И.Мух1амадов.Ноябрь 2016с.
Кидагог1адин исанаги нилъер районалда эбелалъул къо к1одо гьабун т1орит1ана тадбирал. Гьездасан цояблъун бук1ана 24 ноябралда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул рукъоб т1обит1араб дандеруссинги. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул вакилзабаз ва районалъул мустах1икъал улбуз.
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2016с.
Россиялъул прокуратураялъ бихьулеб бут1а лъола нилъер г1адамазул конституциялъулал ихтиярал, гражданазул эркенлъи, улкаялда законалгун, г1адлу-низам ц1униялъулъ. Жиб г1уц1аралдаса нахъе прокуратураялъ жигар бахъана Ват1аналъе, халкъалъе бит1ун хъулухъ гьабизе. Россиялъул прокуратураялда гьоркьобго Дагъистаналъул, гьелдаго цадахъ нилъер районалъул прокуратураялъги жигараб х1алт1и гьабуна такъсирчилъиялда данде къеркьеялъе, г1адамазул ихтиярал ва эркенлъи ц1униялъе. Чанго прокурор хисана районалда гьеб г1уц1аралдаса нахъе. Щивас бихьулеб бут1а лъуна районалда парахалъи ва законал ц1униялда сверухъ. Жакъа нижергун гара-ч1вари гьабулеб буго араб соналда нилъер районалде вач1арав прокурор юстициялъул к1удияв г1акълучи Г1умаров Рамазан Г1умаровичасулгун.Гъоркьехун бахъулеб буго гьесдаги дидаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.
|
Автор.У.Къурамух1амадова.Ноябрь 2016с.
Гьал г1агарал къоязда районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасул нухмалъиялда гьесул заместителаздасан росдал маг1ишаталъул, ветеринарияб хъулухъалъул специалистаздасан г1уц1араб х1алт1улаб къукъа щвана Бабаюрталъул, Хасавюрталъул ва Кизилюрталъул зонабазда ругел росдал маг1ишаталъул предприятиязде, ц1ехана къвариг1араб-таралъул, маг1ишатазда ругел г1унгут1абазул.
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2016с.
Гьал къоязда къват1ибе бач1ана СССРалъул сахлъи ц1униялъул отличник, «Дагъистан республикаялъул мустах1икъав тохтур», Россиялъул журналистазул союзалъул член Хунзахъа Ахъбердиев Т1алх1ат Иманшапиг1овичасул «Бах1арчилъиялъул лъалк1» абураб т1ехь.Т1ехь бикьун буго чанго бут1аялде. Т1оцебесеб бут1аялда руго живго авторасул, гьесул инсул-капитан Ахбердиевасул х1акъалъулъ къиса, эбел Пат1иматил ва яц Умужатил х1акъалъулъ къокъал баянал.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2016с.
Гьединаб ц1ар тараб, кутакалда хинаб, аваданаб тадбир т1обит1ана Гьоц1алъ 23 ноябралда, т1аде щолеб бугеб эбелалъул къоялъул х1урматалда.
|
|