Четверг, 02.05.2024, 08:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Февраль » 28 » 21 ФЕВРАЛЬ-ХАЛКЪАЗДА ГЬОРКЬОСЕБ РАХЬДАЛ МАЦ1АЛЪУЛ КЪО. МЕТЕР МАГ1АРУЛ МАЦ1 ХВЕЗЕ БАТАНИ…
10:53
21 ФЕВРАЛЬ-ХАЛКЪАЗДА ГЬОРКЬОСЕБ РАХЬДАЛ МАЦ1АЛЪУЛ КЪО. МЕТЕР МАГ1АРУЛ МАЦ1 ХВЕЗЕ БАТАНИ…

Исана лъабабилеб нухалъ Авартеатралда т1обит1ана маг1арул миллиябгун маданияб автономиялъул х1аракаталдалъун г1уц1араб к1иго къоялъ халатбахъараб рахьдал мац1алъул къоялъул х1урматалда тадбир.

Ункъго соналъ цебего Хасавюрталда нилъер миллияб ч1ух1и Сайгидпаша Г1умахановас кьуч1 лъуна маг1арулал цолъиялъе квербакъулеб гьеб байрамалъе. Цинги гьесул лъик1аб инициативаялъ жигарал, миллат хириял, лъик1аздаса лъик1ал маг1арул васал ва ясал цолъизаруна дица т1адехун рехсараб жамг1ияб г1уц1иялде (РНКАА). Гьале, исанаги 20-21 февралалъ миллиял рет1елалгун, гьурмазда цо г1ажаибаб миллатцоял хиралъиялъул кунч1игун рак1арун рук1ана аварал жидерго гъанситухъе-Аваразул музыкалиябгун драмаялъул театралде.

20 февраль. Рахьдал мац1алъул байрам рагьулеб къо. Радалго рихьулаан жиде-жидер газет-журналал, т1ахьал цебелъеялда сок1к1унел муниципалиял районазул редакциязул, басмаханабазул х1алт1ухъаби, шаг1ирзаби, хъвадарухъаби. Тиятиралъул фойе берцин гьабун бугоан ансадерил, гьоц1дерил ц1улал ва г1арцул т1аг1алабазул берцинго сок1к1арал бок1наз. Жидерго байрамлъун нилъер гьеб байрамги бихьун, пещт1ерабаздаса байбихьун дадазде щвезег1ан щаг1ил къайи-ц1аги цебе лъун  ругоан рази-ракиял бархъалиселги.

Киг1ан к1удияб х1алт1уде т1амун вук1аниги, маг1аруласул г1адатлъиги чилъиги рехун теч1о исанаги республикаялъул транспорталъул, энергетикаялъул ва бухьеналъул министр, маг1арул миллаталъейин абуни - жидерго патриот С. Г1умахановас. Тадбирги рагьун, гьенире данделъаразе лъик1абщинабги гьарун, цадахъал сураталги рахъун, нилъер ракьцояв, Россиялъул мустах1икъав артист Х1усен Казиевасда г1умрудул к1иго юбилейги баркун (70 сон г1умрудул, гьездасан-50 сон сценаялда), г1аммаб пашманлъиялъе, нахъе ана гьев. Автономиялъул рахъалдасан Казиевасе грамотаги лъик1аб г1арцулаб сайгъатги бугоан. Г1адатаб халкъалъе хирияв гьунар т1ок1ав артист, копол таргьа, гьев мустах1икъав вугеб даражаялда к1одо гьавизе районалъеги кьеги тавпикъги ресги. Амин.

Гьанже байбихьана Дагъистаналъул рахьдал мац1алъул муг1алимазул Ассоциациялъул жигаралдалъун г1уц1арал шагьаралъул школлъималазул театралиялгун музыкалиял церерахъиназде. Жидерго ишги бокьулел, гьебги лъалел педагогазул, ц1алдохъабазул церерахъиналги бат1иял, жидеда гъорлъ маг1арул хаслъи бессарал рук1ана. 20 муг1алимасе ва 50 ц1алдохъанасе т1ахьалгун баркалаялъул кагъталги кьуна тадбиралдаго. Баркала буго рек1ее асар гьабуледухъ т1оцебесеб къо г1уц1арай, бачарай миллияй х1аракатч1ужу, ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мух1идиновалъе. К1иабилеб къоялъул программаялда рук1ана выставка-фестивалалда г1ахьаллъарал, миллияб бечелъи-мац1 ц1униялда бак1 ккураб х1алт1и гьабурал тарихчаг1и, хъвадарухъаби, муг1алимзаби, журналистал баркалаялъул кагътаздалъун ва къиматал сайгъатаздалъун к1одо гьари. Цин киналго данделъиялда г1ахьаллъарал редакциязегун хъвадарулезе, машгьурал фотографазе рикьана шапакъатал, хадуб, спектаклялда  цебеги жеги къиматал сайгъатаздалъунги грамотабаздалъунги  рохизаруна миллаталъул 15 г1ан чи. Ч1ух1изе ккараб х1ужа, гьезда гъорлъ лъабгоял нилъер районалдаса рук1ин:

дунялалдаго машгьурав тарихчи, г1акъил Тимур Айтберов, гьабсаг1ат шагьаралда школалъул муг1алим, «Х1акъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева ва райгазеталъул редактор Фатима Мух1амадова. Бихьизабизе ккола, санайил к1уди-к1удияб къокъа миллатцоязул шапакъатазе рихьизари, гьединаб даражаялда тадбир т1обит1и г1иц1го маг1арулазул гурони гьеч1еблъи (Баркала буго С. Г1умахановасеги, гьабсаг1ат маг1арул автономиялъул нухмалъулев Шаг1бан Х1апизовасеги (Маркъо Шаг1банов) гьесул пикруцоял г1уц1иялъул комитеталъулазеги). Шапакъатал кьеялдаса хадуб, Авартеатралъул артистаз к1удияб махщалида бихьизабуна «Москваялдаса бах1арав» абураб комедийнияб спектакльги. К1иябго къоялъ щивав миллат бокьулесе эркенго рагьун рук1ана театралъул нуц1би. Гьенире рач1ана г1иц1го творчествалъулал г1адамал гурелги, саламатаб хъулухъ-пишаялда ругелги, ишалъулалги ч1аг1и. Амма, дир рак1бакъваялъе, дагь гурого рихьич1о исана гьенир районцоял – х1акимзаби. Заманг1аги г1ун батиларо цойгидал к1вар бугел ишаздаса.  Бук1аниги, къадруялда, сверухъе бак1арараб халкъалъ цо лах1заталъцин т1аса инч1еб х1алуциналда бихьизабуна нижеца, редакциялъулаз Хунзахъ район рахьдал мац1алъул къоялда.  Цере лъун рук1ана 1930 – абилел соназулалдаса байбихьун жакъасел  къоязул ч1ух1арал  мажмуг1азде щвезег1ан казиятал гурелги, маг1арулазул рук1а-рахъин бихьизабулел  экспозициял (библиотекаялъул х1алт1ухъабаз гьабураб),  «Муг1рузул сон – лъималазул  бераздалъун» суратазул выставка (районалда бугеб искусствалъул школалъул х1алт1и), умумузул квен-т1ех. Баркала буго рахьдал мац1алъул байрамалда ниж мустах1икъаб х1алалда цере рахъине квербакъаралщиназе.

Дирго макъала лъуг1изабизе бокьун буго Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул  председатель, Халкъияв шаг1ир Мух1амад Ах1мадовасул кеч1-дуг1аялдалъун.

Дун г1одулев вуго, г1агараб т1алъи,

Т1езе гурин бухьен дуде вуссараб,

Рахьдал мац1алъул кеч1 каранлъ гьалдола:

- Гьардарав Бет1ергьан, ц1уне дир миллат!

Мац1 к1очараб миллат молода лъола,

Малидул г1оркь кквезе чи хут1уларо

Цойгидаб кинабго гьадингояб жо:

- Гьардарав Бет1ергьан, ц1уне авар мац1!

Ф. Мух1амадова.   

   

Просмотров: 4313 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz