Пятница, 26.04.2024, 16:03 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Август » 26 » ЖИНДИРГО РАК1АЛДЕЩВЕЯЗДАСА.
10:52
ЖИНДИРГО РАК1АЛДЕЩВЕЯЗДАСА.

Пачаясул Кавказалда вугев наместник генерал-фельдмар­шал М. С. Воронцовасухъе гьесул хасал т1адкъаял т1уразарулев гвардиялъулав ротмистр Лорис-Меликовас хъвараб докладалъулаб запискаялдаса къокъ гьабун босараб.

-Гъазимух1амадил заманалъ дица-Х1ажимурадицаги, аваразул хан Г1умаханицаги х1аракат бахъана Гъазимух1амадилъ лъик1 рук1ине, гьесулгун лъик1ал гьоркьорлъаби гьаризе. Амма имамасул рахъалдасан гьеб бихьулеб бук1инч1о. Гьесул нижедехун тунка-г1уси камулароан. Гьес х1аракат бахъулеб бук1ана, щиб рес батунги, маг1арулал жиндирго рахъалде ц1азе. Гара-ч1варияздалъун гьелъул х1асил кколеб гьеч1олъи бихьарав Гъазимух1амадица, к1удияб аскарги данде гьабун, Хунзахъ росу сверун ккуна. Амма маг1арулал къуркьизаризе к1веч1о. Гьезул кьварараб дандеч1еялдаса

хадуб, нусгог1ан ч1варавги кьалул майданалдаго тун, гьел нахъе къана. Хварал муридзабаздаса рахъарал г1аламатал (значокал) нижеца гуржиязул бет1ерав командующиясухъе Тифлисалде рит1ун ана. Гьенив хвана дир эменги.

Г1урусаз Гъазимух1амад ч1ван хадуса, X1амзатбегицаги х1алхьи теч1о маг1арулазе. Т1убанго щущахъ риххизариялъул х1инкъи ц1ик1к1индал, Г1умаханги вачун, дун барон Розенихъе Тифлисалде вач1ана кумек гьарун, амма анц1го къо гьениб баниги, мурадги т1убач1ого нахъ руссине ккана. Хунзахъе т1адруссингун росу сверун ккун батидал, х1укму гьабуна X1амзат- бегихъе гъоркьлъалие цо чанго аманат кьезе. Гьезда гъорлъ вук1ана Баху-бикал бищунго гьит1инав вас Булачханги. Амма гьениб рак1алдаго гьеч1еб тунка- г1усиги ккун, Г1умаханги, Нуцалханги, цоги гьезул сверелалъул къогог1ан чиги ч1вана. Х1амзат-бегица Хунзахъ кверде босана ва чанго моц1алъ гьелда кверщел гьабуна.

Халкъалъул эркенлъи ц1унизелъун ва Имамасдехун бугеб дирго рокьукълъиялъги ццидацаги дица к1удияв вац Г1усмангун ва нижер рахъ ккурав анц1го божарав чигун цо рузман къоялъ мажгиталъуб гъоркьч1елги гьабун ч1вана гьев. X1амзат-бегица хонжрол ругъун лъурав Г1усман, гьесул нукарзабаз ч1вана. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб маг1арулаз дун жидерго к1удиявлъун вищана ва г1емер соназ дица нухмалъи гьабуна т1олабго маг1аруллъиялъего.

Х1амзат-бег хун хадуса т1олабго Дагьистаналдаго кверщел гьабизе къасдгун цеве вахъана Шамил. Лъабго соналъ къеркьана дун гьесдаса маг1аруллъиги ц1унун. Ахирги Шамилил къуват ц1ик1к1ине лъугьиндал, х1укму ккана г1урусазда кумек ва Мехтулиялъул хан Ах1мадханида ниж кверщаликье росеян гьаризе. Г1урус аскариял Хунзахъе рач1индал, дун вук1ана генерал Клюке-фон-Клюгенаул к1удияб адаб-х1урматалда. Зама- заманалдасан кьолаан г1арцулал сайигъатал ва раг1и кьун бук1ана т1олабго маг1аруллъиялдаго т1алъи гьабизе дихъе кьезе. Г1урусазул дидехун бугеб божи-рокьиялъ Ах1мадханилъ к1удияб жах1да, дидехун рокьукълъи бижизабуна ва гьес х1аракат бахъана, щиб-щиб г1илла батунги, дун г1урусазда цеве г1одовег1ан гьавизе. Ахирги генерал Хунзахъ гьеч1олъиялдаса пайдаги босун, Шамилилгун балъго гьоркьорлъаби ц1и гьарун ругин г1айибги г1унт1изабун, хъалаялъуб комендантасухъеги вачун, г1арадаялдеги вухьун, ич1го къоялъ туснахъ гьавуна, хадуб хъаравуллъиялъе офицерасул нухмалъиялда солдаталгун Темирхан-Шуравеги вит1ана. Гьенире нухдаса дун т1урунги ворч1ана.

Шамилилгун гьоркьоблъи лъик1 гьеч1олъиялъ гьесухъе ине ресги гьеч loгo, дун вахчизе ккана Ц1елмесалъув. Хадубккун кинаб бук1аниги жиндир рахъалъан къварилъи бук1инарин Шамилил ругьалаби рач1аниги, дун гьесда божич1о ва т1ад вуссун гьесул рахъалдеги инч1о. Гьебго заманалда Ах1мадханица дие гьабураб х1алихьалъи бич1ч1арав генерал Клюке-фон-Клюгенауца дихъе кагъат бач1ана цебесеб кинабгоги к1очон тейин, ц1идасанги г1урусазухъе вач1аян. Гьеб кагъат дица Ах1мадханида бихьидал, ццидахъе гьес бихъ-бихъун рехана ва ц1идасанги дие квал-квалал гьаризе лъугьана ва генерал мук1ур гьавуна Ц1елмесалъубе бит1изе отряд х1адур гьабизе.

Бакунинилги Пасекилги нухмалъиялда гъоркь рогьалил г1ужалъ Ц1елмес сверун ккуна к1удияб аскаралъ. Къаси нахъалъизег1ан халат бахъараб рагъулъ бащадаб росу г1урусазухъ бук1ана, амма нижер гьариялда рекъон Шамилица кумекалъе бит1араб Г1андадерил аскаралъ гьел нахъе кьабг1ана ва жидерго начальник Бакунинги ч1ван, рагъ гьоркьоб къот1изе тана.

Гьелдаса хадуб Хунзахъе вач1арав Ах1мадханица дир лъабго вацг1ал маххалги ран жанив т1амуна ва чанго къоялдасан к1ахъиязда лъазабуна гьел ч1ваян. Гьеб лъарав дицаги, божарал г1адамаздасан къокъаги г1уц1ун, маг1арулазул чанго росу биххизабуна. Дица гъоркьч1ел гьабуна Ах1мадхание. Т1адехун рехсарал г1иллабазе г1оло дица г1урусазулгун гьоркьоблъи хвезабуна т1убанго ва Шамилил рахъалде ана, г1емер заманго иналдего Ах1мадханги хвана, маг1аруллъиги Шамилил кверщаликье ккана. Маг1арулазул наиблъун т1амурав дунги анц1ила к1иго соналъ г1урусалгун вагъана....

Р. И. ИВАНОВАСУЛ «Х1ажимурад» т1ехьалдаса босараб.

 

 

Просмотров: 400 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz