Къо бахъанаг1ан ц1илъулеб ва берцинлъулеб буго район. Ралел руго ц1иял паркал, лъималазул площадкаби, ч1олел руго гъут1би ва т1угьдул. Амма камулел гьеч1о гьединаб х1алт1ул къимат хвезабизе лъугьунелги. Киг1ан г1емерал субботникал т1орит1аниги лъуг1улеб гьеч1о кьишни-къул, чорок гьарулел руго райцентралда ругел паркал. Г1адамазе жидерго рокъоса къват1ибе ккезабуралдаса нахъе, хадубккун кибе баниги ургъел гьеч1о мусоралъул. Г1емерисел лъугьун руго, бикъа-хъамун, ях1-намус бичун, х1илла-рек1к1 гьабун, ай кисан щваниги дунялалъул боц1уда хадур. Гьединал эбел-эмен рег1улел гьеч1о жидерго лъималазе бит1араб тарбия кьезе. Гьелъул х1асилалда ахираб заманалда загьирлъулел руго гьекъон-мехтун цо-цо г1олилаз жамг1ияб г1адлу-низам хвезабиялъул х1ужжаби. Гьел ва цогидал суалазда хурхун, 22 июналда Хунзахъ культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалъул нухмалъи росдал жамаг1атгун дандч1вай. Гьелда г1ахьаллъана районалъулгун росдал т1алъи, диниялгун ихтиярал ц1унулел идарабазул вакилзаби, жамг1иял х1аракатчаг1и ва г1адатал г1адамал. Данделъи нухда бачана росдал бегавул Т1алх1атов Хизрица.
Т1оцебе к1алъазе вахъарав районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас бицана г1олилазул бук1ине кколеб г1адлу-низамалъул ва цо-цо тарбия щвеч1ел г1оркьилал сабаблъун районалъулги росдалги ц1ар басра гьабизе тезе бегьунгут1иялъул. Эбел-эмен, жамг1иял г1уц1аби, учительзаби ва цогидалги ах1ана г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия кьеялде ц1ик1к1ун к1вар буссинабизе. Районалъул полициялъул начальникасда лъазабуна къаси саг1ат анц1го т1убан хадуб г1исинал лъимал къват1ир тогеян ва берцинго бицун бич1ч1уларезе кьварараб г1адлу-низам гьабеян.
Х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ районалъул бет1ерасул заместитель Х1амид Гьит1иновас бицана кват1ич1ого росулъ дружиниказдасан г1уц1араб хасаб къукъаялъ дежурство гьабизе байбихьизе бугилан. Районалъул нухмалъулесул цоги заместитель-Шамил Г1аммаевас гьабуна г1олилал г1агараб росу-ракь бац1ц1а-бакъадго ц1унизе ах1араб к1алъай.
Районалъул полициялъул начальник Т1айгибов Х1ажимурадица бицана районалда г1адлу-низам ц1униялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул. Гьесул раг1абазда рекъон, г1олилазда гьоркьоб гьекъел-мехтел т1ибит1иялъе г1иллабазул цояблъун кколеб буго цо-цо тукенчаг1аз къасимехалъги балъго жидерго рокъосан бат1алъи гьеч1ого г1исиназеги ч1ах1иязеги г1аракъи бичулеб бук1ин. Гьединал нич т1аг1арал даранчаг1и т1атинеги гьарун, гьезие кьварараб г1адлу гьабизе бугиланги бицана гьес. Гьединго г1олилазда гьоркьоб т1ирит1арал жал кколел руго правилабиги хвезарун, ц1ик1к1араб хехлъиялда машина бачин, спайсал, х1атта наркотикал х1алт1изаригицин.
Росдал дибир Мух1амадов Мух1амад-х1ажица бицана ислам-диналда жаниб кинаб къаг1идаялда жакъасев г1олилав хьвадизе кколевали. Ахиралда росдал бегавулас баркала кьуна данделъиялъул киналго г1ахьалчаг1азе ва абуна гьадинал дандч1ваял хадубккунги зама-заманалдасан т1орит1изе рак1алда ругилан.
Данделъи ана пайдаяб ах1вал-х1алалда.
И. Мух1амадов.
|