Четверг, 02.05.2024, 11:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Декабрь » 2 » ЖАКЪАСЕБ КЪОЯЛЪУЛ КЪВАРИДАБ КЪИСА.
21:00
ЖАКЪАСЕБ КЪОЯЛЪУЛ КЪВАРИДАБ КЪИСА.

Маг1аруласе бищун хирияб хазина бук1ана хур. Живго бет1ергьанаб къиматабщинаб буголъиги бичун, х1аракат бахъулеб бук1ана хур босизе. «Хур босаравги яс кьуравги чи г1акъил вуго» абун кици бук1ана цересел умумузул. Умумузул хурул билълъараб багьа бук1ана хур жаниб ц1ураб г1и. Минаялде т1аде биччазе босулеб ракьул х1ет1е ч1олеб кесекалъул багьа гьоркьохъеб оц бук1анилан бицен буго Буц1ра. Хур раг1а-ракьан бахъун, камил гьабун, бекьич1ого тей г1адамазе г1айиб ч1вазе г1иллалъун бук1ана. Цебе къедги гьабун, кьурт1е мугъалъ ракьги баччун гьарурал магълъал хириял рук1унилан г1айибги щибха?

Ракьухъ г1ащикъал маг1арулазе Октябралъул революциялдаса хадуб лъараг1лъиялда щвана ракьал (хъутаби), г1уц1ана хъутабазда бечедал маг1ишатал, гьирихъ хьвадун гурого квине хинк1 г1оларел рук1арал маг1арулазул царгъал х1алухъадул ц1уна. 30 копекалде кило гьабун мадугьалихъ районазул  г1адамаз Хунзахъ районалъул росабалъа баччулеб бук1ана ролъ, ц1оросаролъ. Доб заман гьанже гьеч1о, ахираталде ана. Амма доб замана рак1алде щвезабич1ого хут1уларо, жакъасеб къойил х1акъикъаталъул пикру гьабидал.

Гьанже рекьиги гьабуларо, хур-ахги бокьуларо,  гьанбокьаниги г1и-боц1ул мах1 ч1вани, къалалги ккола. «Демократиялдаги», «демократаздаги» ццин бахъун лъаларо, гьанжесел колхозазул  председательзаби рек1ее г1еч1ого лъаларо бекьарабниги ах-хуралъул бач1инги дагьлъана, г1ачиязул рахьги къана, квидузул расги т1арц1лъана. Г1емерлъана г1иц1го хъуниги би баккуларел «кагътил куйдул». Гьединаб буго жакъасеб къойил къиса.

Исана районалъул колхозаз хъутабазда бекьун буго т1олабго бекьулеб 9680 гектар ракьал 28 процент. Гьелдасан хаслихъе культурабазул-2664 гектар.  Бак1арун буго кинабниги 928 тонна х1алухъадул, ялъуни гьоркьохъеб х1исабалда цо гектаралдаса 14 центнер. (Рак1алда буго Жалакьуриса Исламица председательлъи гьабурал соназ Буц1ра колхозалъул маг1арухъ 1 гектаралдаса 39-40 центнер х1алухъадул бак1арун бук1ин).

Районалъул цо чанго колхозалъ, масала Хунзахъ Хизроевасул ц1аралда бугеб, Х1ариколо, «Баг1арав партизан» колхозалда 1 гектаралдаса бак1арараб х1алухъадул къадар 19 центнералде бахун буго. Киназдасаго цебе буго Т1ануси «Машгьурал г1адамал» маг1ишат. Маг1ишаталъул нухмалъулев Зиявудин Мух1амадовас гьал мухъазул авторасе кьуна гьадинал баянал:

Исана Т1ануси «Машгьурал г1адамал» колхозалъ 160 гектаралдаса рекьарал хаслихъе культурабазул щибалдаса бак1арун буго 24 центнер. Араб соналде дандеккун гьеб кколеб буго 13 центнералъ ц1ик1к1ун. Гьедин бач1ин ц1ик1к1иналъе г1илла щибин гьикъидал, Зиявудиница Аллагьас кьунинги абун, т1адеги жубана заманалда бекьиялъ, ками ккезе теч1ого, заманалда бак1ариялъги батилилан.

Хъутаналдаги маг1арухъги щибаб рукъалъе 100 кило ролъул кьуниланги бицана Зивудиница.

Хурул бач1иналъулъ районалъул киналго маг1ишатазул гуро т1анусдерил г1адинал бергьенлъаби ругел. Масала, районалъул сельхозуправлениялъул агроном Шамил Гванзилаевас кьурал баяназда рекъон Сивухъ маг1ишаталъ гектаралдаса 11, Г1обода, Лъаг1илухъ, Гьац1алухъ гектаралдаса 10-1о центнер бак1арун буго. Гьайгьай, гьеб ц1акъ дагь буго. Руго маг1ишатал ц1акъ дагь гурого ракь бекьуларел. Г1орут1а, Байикь маг1ишатазул рекьаби ч1орого руго.

Рехун тун руго маг1арухъ рекьабиги. Гьелъул г1айибги кинабго СПКязул нухмалъулездеги, ракьазул бет1ергьабаздеги кколаро. Техника, бензин, солярка хиралъиялъ хур-хералъул х1алт1и заралияблъун ккезабун буго. Т1анусиса цо гьалмагъас абуна хур бекьулаго т1ад арал харжал накку-соломагун цадахъ бичаниги бец1улеб гьеч1илан. Гьединаб жоялда буц1улдерица абула ч1ам-ч1ам гьеч1еб к1ат1-к1ат1ан. Ч1ам-ч1ам гьеч1ониги, к1ат1-к1ат1иги, к1ут1-к1ут1ги лъиеха бокьилеб?

Г1иса Г1исаев.  

Просмотров: 495 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz