Лъимал-нилъер бук1инесеб,
лъимал-нилъер талих1 ва рохел, лъимал нилъер ва ват1аналъул къисмат, къуват.
Хъизамалда лъимер гьаби гьеб ккола к1удияб ва рохалилаб лъугьа-бахъин.
Лъималазе шарт1ал ч1езариялда ва гьел бит1араб тарбия кьун куцаялда бараб буго
улкаялъул бук1инесеб.
Амма нижер Моч1охъ росдал умумул 80
абилел соназдаса нахъего къеркьолел ва гьарделел руго т1ад ругел х1акимзабазда
росулъ лъималазе ясли-ах рагьеян, кинго х1асил кколеб гьеч1о. Ц1ияв вищарав
президент Рамазан Х1ажимурадовичас Дагъистаналъе ясли-ахал рагьизе х1укуматалъ
г1арац биччан бугин абураб мехалъ кутакалда рохун рук1ана гьеб г1арцул цо т1ири
нижер гьанибеги щвелилан, амма пайда щиб…? Гьединго гьесулго к1алъаялда
Дагъистаналъул районазда ясли-ахал рагьизе ругин абидал х1ухьел ккун г1енккун
рук1ана гьезда гьоркьобг1аги нижер росуги батилилан, амма пайда щиб…?
Буго нижер росу рехсолеб бак1ги,
гьеб ккола гьелъул берцинаб т1абиг1атги ва т1абиг1аталъ кьураб гьайбатаб
х1орги. Риидал рач1уна гьанире х1ухьбахъиялъе Дагъистаналдаса, Россиялдаса ва
къват1исел улкабаздаса г1адамал. Дагьаб цебег1ан вач1ун вук1ана Россиялул
русбузда лъедеялъул олимпиялъул командаялъул вакил, бак1алъухъги хал гьабун ва
х1орихъ тренировкабазул база г1уц1изе изну гьарун. Гьединго метер-сезе рач1ине
бегьула Дагъистаналъул ч1ах1и-ч1ах1иял х1акимзабиги, нижеца изну кьолеб
гьеч1они, живго президентгицин, пуланаб туризмаялъул бак1 базе изну т1алаб
гьабун. Гьадин гурого нижер росдал къисматалъул т1алаб –агъаз гьабулеб
гьеч1они, кинаб рак1гундай нижеца гьел къабул гьарилел, гьеб буго зах1матаб
суал. Х1акимзаби ругьунлъун руго жидеего къвариг1араб щиб рес батунги
т1убазабизе, г1адамазул мурад щиб хабар бицунги т1аса ккезабизе.
Цох1о нижер росулъ хут1изег1ан
районалда т1олгоялде г1агарун росабалъ руго ясли-ахал,х1атта 4-5 лъимер гурони
ясли-ахазде рит1изе гьеч1ел г1исинал росабалъгицин, гьеб лъик1 буго. Квеш
ккараб жо буго т1олгоялде г1унт1ун росабалъ 20-50 соналъ церего ясли-ахал
рагьун рук1аниги, Моч1охъ росдал умумул 30 соналъ нижееги ясли-ах баялъе
квербакъи гьабеян гьардолел хут1ун рук1ин, амма гьеб раг1улев х1аким жегиги
Аллагьас ракьалде виччан гьеч1ев къаг1идаха.
Гьанжесел школазе ФГОСалъул ругел
ц1иял т1алабазда рекъон лъимер ясли-ахалда х1адурун вач1ине ккола школалде ,
нижер росдал школалде лъимер щибго х1адурлъиги гьабич1ого вач1унев вуго.
Гьединго риидал хур-хералде х1алт1изе унелъул, умумуз лъимал цадахъ рачине
ккола баг1арараб бакъукьги ва ц1адакьги, ай т1абиг1аталъул кьварарал шарт1азда.
Цо-цояз дагьал ч1ах1иял лъималазул бербалагьиялда гъоркь тола рокъор, гьедин
таразул чанго нухалда талих1 къосараб къисмат ккезе бахъана. Масала цо
эбел-имсуца рокъоб тараб лъимер токалъул печалда г1одовги вук1ун, больницаялде
ккун вук1ана. Цойги хъизамалда спичкабигун расандулаго мина ц1а ккун т1убанго
бух1изе бахъана, цогидаб хъизамалда лъимералъ токалъул квар къот1улаго
счетчикалда лъураб автомат-предохранителалъ ток къот1изабич1ебани талих1
къосараб иш ккезе рес бук1ана. Гьединал мисалал г1емерал рехсезе бегьула.
Эдинги Аллагьас ц1унун руго нижер лъимал, х1укуматалъе къвариг1ун гьеч1ониги,
рецги буго т1адег1анав Аллагьасе.
Гьабсаг1аталда ясли-ахалде рит1улел
лъималазул къадар бахун буго 25 гоялде, бук1аниги щиб гьел х1укуматалъе
къвариг1ун гьеч1о. Кин бук1аниги ниж, Моч1охъ росдал жамаг1ат роххараб жо буго
ясли-ахги гьеч1ого нижецаго тарбия кьун куцарал лъималаздасан ахираб 30-40
соналда жаниб туснахъалде ккарав, рохьахъе арав, т1аждал г1агал къокъ гьарун,
михъал къунц1ун мегеж тарав, ай росдада ч1ег1ераб т1анк1 лъоледухъ хьвадарав чи
ккеч1олъиялдаса.
Моч1охъ росдал жамаг1аталъул
гьариялдалъун хъвана М-Х1. Халилбеговас.
|