Воскресенье, 19.05.2024, 18:52 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Май » 16 » ЗАМАН ЗАХ1МАТАБ БУК1АНА.
11:19
ЗАМАН ЗАХ1МАТАБ БУК1АНА.

Советияб халкъалъ бищун вах1шияб К1удияб Ват1анияб рагъда Бергьенлъи босаралдаса 70 сон т1убаялъул х1урматалда рагъул г1ахьалчаг1и ва тылалда х1алт1арал,  апрель моц1алдасаго байбихьун к1одо гьаруна юбилейниял медалаздалъун.

К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи Мух1амадов Г1алибулатил  хъизан Г1алиханова Умагьание (гьей ккола  Г1алиханил Хъайнтмазил васасул яс) гьеб медальги босун, 6 маялъ гьелъухъе рокъоре щвезе ун рук1ана Г1арани библиотекаялъул х1алт1ухъаби, школлъимал ва цогидалги.

Х1уригат бахъулаго, эмен Г1алихан ч1вараб мехалъ (1920 с.) Умагьаница лъаг1елцин бан бук1ун гьеч1о.

33 соналъ, гьезда гьоркьор рагъул соназги, Умагьани Г1алихановна х1алт1ун йиго байбихьул классазул учительницалъун. Кутакалда зах1матал, кинабго жо мукъсанал, к1вах1-свак, къаси-къадлъи гьеч1ого х1алт1изе ккарал сонал рук1анилан рак1алде щвезаруна У. Г1алихановалъ рагъул заман. Рагъул заман бугилан нилъер  Ват1аналда ц1али гьоркьоб къот1изе теч1о. Лъимал  школазда, ч1ах1ияб ригьалъул г1адамал ликпунктазда ц1алулаан. Школалъул гордазда ц1урдул рекараб бак1алдасан г1азу жанибе пулаан. Школалъул пучдул ракизе г1ери бахъизе  учительзаби Макьасде унаанилан  бицана Умагьаница. Хъвадаризе кагъат бук1инч1олъиялъ т1ахьазда, хварал документазда хъвай-хъваг1аял гьеч1ел бак1азда хъвадарулел рук1ун руго. Баг1араб лажбаралъги белъун, мел щунгут1иялъ, доскаялда  т1орччоца хъвалеб бук1ана. Доб мехалъ щакъиялъ хъвадарулел рук1индал, рагъул соназ  жухалъул кьалбал  гьализарун гьеб гьабизе х1албихьун бук1анила жидецаян бицана У. Г1алихановалъ. Киг1ан зах1матал шарт1азда ц1алулел  рук1аниги, гьеб заманаялъул ц1алдохъаби ц1алуде рокьи бугел, жавабчилъи ц1ик1к1арал, г1адлу-низам бугел  рук1ун руго. Жинца дарсал кьурал лъималазда гьоркьор бищун лъик1ал т1анусдерил лъимал (Г1абдулхаликъил Мух1амад ва гь.ц.) рук1анилан рак1алде щвезаруна гьелъ.

Умагьани Г1алихановалъ дарсал кьуна Г1ахьалч1и, Т1ануси, Гиничукь, Г1орут1а, Гьамущи ва Г1арани росабазул  лъималазе.

Учительлъун вук1ун вуго гьелъул бет1ергьанчи Г1алибулатги. 5 васги цо ясги г1езаруна гьез. Бищун рак1 унтараб заман ясги ясалъул васги  авариялъул х1асилалда къадаралде щвей бук1анилан бицана  Умагьаница. Гьабсаг1аталъ йиго васасул хъизамалда аск1ой.

У. Г1алихановалда  ва цогидалги рагъул ва зах1маталъул ветераназда Бергьенлъиялъул байрамги баркулаго, гьарула гьезие лъик1аб сахлъи, жеги т1адеги сонал.

П. Гунашева.

 

Просмотров: 601 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz