Понедельник, 20.05.2024, 01:23 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Июнь » 4 » ВЕТЕРАНАЗДЕ К1ВАР БУССИНАБУНА.
12:45
ВЕТЕРАНАЗДЕ К1ВАР БУССИНАБУНА.

Гьал къоязда, районалъул нухмалъулев С. К. Юсуповасул кабинеталда, г1емерисел г1уц1абазул нухмалъулелги росабазул бегавулзабиги ва цогидал жавабиял х1алт1ухъабиги данделъун т1обит1ана г1ат1идаб халатбахъараб заседание.

Заседаниялда гьоркьор лъун рук1ана районалъул г1умруялъулъ, г1олеб г1елалъе тарбия-лъай кьеялъулъ ва гь. ц. к1вар бугел суалал:

1.Рагъул ва зах1маталъул ветераназе районалъул ветераназул советалъги ЦСОНалъги гьабулеб социалияб кумекалъул х1акъалъулъ.

2.Районалда санитарияб ах1вал-х1алалъул х1акъалъулъ.

3.Кьишни-къул бак1арулеб хасаб идара г1уц1иялъул.

4.Къайимчилъиялде росулел г1адамазул х1акъалъулъ.

5.Цогидалги.

Т1оцебесеб суалалдасан к1алъазе вахъарав ветераназул советалъул нухмалъулев Г1. Г1алих1ажиевас баян гьабуна рагъул г1ахьалчаг1азе, гьезул къоролзабазе, афганцазе гьабулеб кумекалъул х1акъалъулъ. Пачалихъалдасан бищунго дагьаб кверч1вай щола афганцазе. Г1. Г1алих1ажиевас к1алъаялда бихьизабуна бокьарав афганецасухъ хал гьабуниги гьел ругин унти ккарал, г1емерисел ресукъал г1адамалин. Киназулго лъугьун бугин нервабазул жагъаллъи-«синдром афганца». Чара гьеч1ого х1ажат бугин афганцал инвалидаллъун ч1езарулеб х1ал гьабизеян.

Бергьенлъиялъул байрамалде рач1унаго ц1акъ берцинго къач1ан руго Харахьи ва Гьоц1алъ росабалъ рагъдаса руссинч1езе рарал памятникал. Руго памятникал риххизарурал, гьел къач1азе кколел росабиги. Райцентралда бугеб машгьураб памятникалъеги х1ажат буго ремонт. Х1алт1аби гьарулел руго Илълъа памятник рагьизеги.

Гьебго суалалдасан, ЦСОНалъул х1алт1ул бицана гьелъул нухмалъулев Х1. Дибирчуевас.

Т1асанк1алъаязда г1арадерил бегавул Х1. Жабраг1иловас к1вар буссинабуна Венгриялда рук1арал рагъул тунка-г1усиязул г1ахьалчаг1азе кумек гьабизе ккеялде. Районалъул бет1ерасул заместитель А. Г1абдуразакъовас рагъул г1ахьалчаг1азе, афганцазе гьабулеб кумекалъухъ хундерил бегавул Х. Т1алх1атовасе баркалаги кьун, цойгидал бегавулзабиги ах1ана гьесдаса мисал босун х1алт1изе. Суалалда хурхун, районалъул нухмалъулесул заместитель С. Батировас къабул гьабураб х1укмуялда бихьизабуна рагъулал лъугьа-бахъиназул г1ахьалчаг1азде кьолеб к1вар ц1ик1к1инабизе риххарал памятникал разе, К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азухъе щибаб моц1алда жаниб цо нухалъ щвезе ва цогидабги.

К1иабилеб суалалдасан к1алъазе вахъарав районалъул бет1ерасул заместитель А. Г1абдуразакъовас данделъаразе баян гьабуна нилъер районалда аза-азар тонна мусоралъул г1олеб бугилан, цебе ккаралъубе балеб бугин г1адамаз мусоран. Бицана щибаб росулъ бугеб рац1ц1а-ракъалъиялъул х1акъалъулъ. Эпидстанциялъул х1алт1ухъан С. Г1аммаевалъ бихьизабуна ц1алдохъабиги бегьилин рац1ц1а-ракъалъи гьабизе т1амизеян.

Районалъул нухмалъулев С. Юсуповас бицана ясли-ахазда ва школазда лъималазул сахлъи ц1униялде кьолеб к1варги ц1ик1к1инабулеб бугилан, гьедин гьенир анц1ила щу-щу минуталъ гьабизе буго гимнастика.

Районалда рац1ц1а-ракъалъи бук1инабизелъун г1уц1улеб бугеб хасаб идараялъул (САХ) бицана архитектураялъул ЖКХялъул ракьазул ва мал-мулкалъул гьоркьорлъабазул управлениялъул начальник Г1. Г1амирхановас. (Гьелъул нижеца хадубккун бат1аго бицина).

Ункъабилеб суалгун данделъаразда цее яхъана къайимчилъиялъул органазул ц1и тарай специалист П. Инусилаева. Гьелъ бицана къайимчилъиялде росизе г1арзаби рач1ун ругел г1адамазул х1акъалъулъ.

Данделъиялда бицана налогал рак1ариялъулги. С. Юсуповас бихьизабуна налогал рак1ариялде к1вар кьун, гьел лъик1 рак1арарал росабазул администрациязе бюджеталдаса т1адеги 100 азарго гъурущ биччазе бугилан.

Данделъи ана кутакалда ц1ик1к1араб пайдаялда, цоцазда рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалда. Гьенир рорхулел суалал рук1ана бищун г1исинал-ясли-ахазул гьит1ичаздаса байбихьун бищунго ц1ик1к1араб ригьалъул г1адамал гъорлъе рачараб, г1адамазул сахлъиялъе районалда лъугьараб квешаб экологияб ах1вал-х1алалде ва цогидабги районалъул г1умруялъулъ аслиял бут1абазде к1вар буссинабураб.

П. Гунашева.









 

Просмотров: 536 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz