Исана Дагъистаналда, Муг1рузулаблъун лъазабураб сонги к1одо гьабун, дагьал церег1ан къояз Ц1ада библиотекаялда культураялъул х1алт1ухъабигун цадахъ т1аде гьалбалги ах1ун т1обит1ана г1одор ч1ей. Библиотекаялъул х1алт1ухъабазги т1аде ах1аразги гьенире рач1арал школлъималазе ва г1олилазе бицана умумузул г1адаталги, цересел г1адамазул бук1араб рук1а-рахъинги гьанжесеб г1елалъул г1емерисезда лъалеб гьеч1олъиялъул х1акъалъулъ.
К1алъазе рахъараз рак1алде щвезаруна нилъер умумуз гьарулел рук1арал х1аял, кунеб бук1араб квен-т1ех, цоцазда гьоркьоб гьезул бук1араб гьоболлъи-гьудуллъи.
Жакъа лъималаз кунел ролтоназги, чипсазги ва сундул щиб гьабурабали лъаларел ниг1матазги, лъималазул психика, т1олабго чорхол сахлъиго нахъе ккезабулеб бугилан бицана гьез. Нилъер щивасул сахлъи бук1иналъе г1оло жидецаго къо бихьун г1езабураб бац1адаб продукциялъул ниг1матал х1алт1изаризе ккелилан абуна гьез. Нилъер г1олеб г1ел жакъа сахлъи нахъе ккезабун компьютеразда нахъа, интернеталда рук1унел руго г1емерисеб мехалъ. Умумузул г1адал х1аялгун, бац1адаб гьаваялда спорталъулгун гьудуллъиги ккун, бак1аб х1алт1и гьабич1ониги, эбел-инсуе кумекалъе ратизе гьел г1исинго ругьун гьаризе ккелилан, бихьизабуна гара-ч1вариялда гьелъул г1ахьалчаг1аз. Къокъ гьабун абуни, умумузул г1адаталги, гьез гьабулеб бук1араб х1алт1иги, х1ухьбахъиги, ихтилат-кепги к1оченч1ого бук1иналъе нилъеца - ч1ах1ияз мурадалде щвараб х1алт1и гьабизе ккеялда т1адч1ей гьабуна гьез.
К1алъаяздаса хадуб, цере рахъарал школлъималаз г1одорч1аразе рик1к1ана г1агараб ракьалде, бокьулеб Ват1аналде гьарурал куч1дул, раг1и кьуна цересел умумузул г1адаталги, г1агараб росдаде бугеб рокьиги к1очон теч1ого бук1иналъе г1оло гьеб цебет1езабиялъе жидедаса бажарарабщинаб гьабизе бугилан.
Абизе ккола Ц1ада росдал библиотекаялъул ва культураялъул х1алт1ухъабаз гьабураб данделъи, цоцазда рич1ч1уледухъ пайдаяб ах1вал-х1алалда анилан. Рак1алде ккола гьединал мажлисал г1емер т1орит1аралг1ан, нилъер г1олеб г1ел бит1араб нухдасан хьвадиялда дир шаклъи гьеч1илан.
|