Радалго баккулеб бакъги мун, эбел,
Цудунго баккулеб моц1ги мун, эбел,
Бусенги к1очон тун, кини к1ик1арай
Кодоеги ячун, дун еэдарай.
Гьал къоязда районалъул спортивияб к1алг1аялда к1одо гьабуна
Россиялъул улбузул къо. Гьелде ах1ун рук1ана районалдаса лъимал г1емерал,
бет1ергьанчиги нахъе гьеч1ого жидецаго лъимал хьихьарал ялгъузал улбул.
Эбелалъул х1акъалъулъ цояздаса цоял берцинал раг1абиги абун рохалилаб байрам
рагьана районалъул культураялъул управлениялъул начальник Мах1ач Х1асановас ва
Дагъистаналъул мустах1икъай артистка Г1айшат Тажудиновалъ. Хадуб районалъул
администрациялъул ва т1олалго бихьиназул рахъалдасан нилъер бах1арчиял,
х1еренал х1алимал, ккараб къо баччулел улбузда баркиялъулаб к1алъай гьабизе
гьез раг1и кьуна райадминистрациялъул нухмалъулев Юсупов Саг1ид Камилевичасе.
Гьес нилъ гьарурал, к1удиял г1езарурал, бит1араб г1умруялъул нухде нилъ рачарал
улбузда, яцазда баркана эбелалъул къо. Руччаби к1удияб адабалъеги, реццалъеги
мустах1икъал ругилан лъазабуна гьес. Жакъа нилъер маг1ишаталъул кинаб бут1аялда
босаниги руччаби камураб бак1 гьеч1о. К1адияб Ват1анияб рагъул заманалда
босаниги, гьелдаса хадусел соназ босаниги руччабаз кибго бихьизабуна
цебехъанлъи, къо х1ехьей, сабру, ях1-намус. Кибго ва сундулъго гьел рук1ана
мисалияллъун.
Улбузе, нилъер руччабазе къимат кьурал к1алъаял гьаруна райсобраниялъул
председатель Хважа Хваджаевас, руччабазул комитеталъул председатель Пат1имат
Набиевалъ, г1адамазе социалияб рахъалъ кумек гьабиялъул централъул начальник
Х1ажи Дибирчуевас. Ц1акъго рек1елъе рортулеллъун рук1ана нилъер районалъул
машгьурай шаг1ир Залму Батировалъул, Умужат Ахвердиевалъул к1алъаял. Г1одорч1аразул
бадиб маг1у хулун бук1ана Залму Батировалъ жинцаго хъвараб улбузул х1акъалъулъ
кеч1 рик1к1араб ва рагъ байбихьараб заманалда Польшаялдаса ургьиб ва кодоб
лъимерги ккун т1урун яч1уней эбелалъул къисматалъул бицараб мехалда.
Рак1алъе к1удияб асар гьабулел баркалаялъул ва баркиялъулал
цере рахъинал рук1ана ич1го лъимадул эбел Харахьиса Дайтова Жамилат
Мух1амадовнаялъул, Мух1амадг1алиева Майсарат Ах1мадовнаялъул, Хунзахъ
районалъул поликлиникаялъул заведующая Махулова Пат1имат Мух1амадовнаялъул,
Г1обода ясли-ахалъул заведующая Гунашева Сабигатил, Г1абдулхаликъова Зарипатил,
зах1маталъул ветеран, ич1го лъимадул эбел Х1усенова Сабигатил ва гьел гурел
г1емерал цогидазулги.
К1удияб ч1аголъи бач1инабун бук1ана залалда щибаб
церерахъиналдаса хадуб куч1дул ах1ун, кьурдаби гьарун районалъул культураялъул
мустах1икъал х1алт1ухъаби Пат1имат Султ1ановалъ, Г1айшат Тажудиновалъ, Хадижат Г1абдулкъадировалъ,
Чаран Султ1анбеговас, искусствалъул школалъул кьурдухъабазул ансамблялъ,
Хунзахъ гьоркьохъел школазул ц1алдохъабаз.
Ниг1матаз бечедаб столалда нахъа г1уц1араб рохалилаб байрам
ана киналго разияб ах1вал-х1алалда т1олалго гьеб г1уц1аразе баркала, сахлъи,
рохелги гьарулаго.
Н. Г1алиева.
|