Улкаялъул тахшагьар Москва шагьар бакьулъ (Садовияб
кольцоялдаса рик1к1ад гьеч1еб Яузаялъул
бульваралда) дагьал церег1ан къояз рагьана нилъер машгьурав шаг1ир Расул
Х1амзатовасе памятник. Гьеб рагьиялъул тадбиралда г1ахьаллъана РФялъул
президент В. Путин, ДРялъул президентасул ишал т1уразарулев Р. Г1абдулат1ипов,
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Х. Шихсаг1идов, РФялъул
Федерациялъул Советалъул председатель В. Матвиенко, Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер И. Г1умаханов, шаг1ирасул г1агарлъи, гьудулзаби, пачалихъиялгун
жамг1иял х1арактчаг1и Е. Примаков ва А. Дзасохов, СССРалъул халкъияв артист И.
Кобзон, регионазул нухмалъулел ва гь.ц.
Р. Х1амзатов гьавуралдаса 90 сон т1убаялде рагьараб гьеб мемориалалда
т1ад х1алт1ана Москваялдаса ва Дагъистаналдаса
скульпторазул къокъа: Игорь Новиков, Шамиль Канайх1апиев, Алексей Тихонов ва
гь.ц. Халкъазда гьоркьосеб Расул Х1амзатовасул
жамг1ияб фондалъул инициативаялдалъун рагьараб гьеб памятник кьун буго
тахшагьаралъул балансалде.
Тахбак1ида пахруялда
г1одов ч1арав шаг1ирасда аск1об лъураб плитаялда т1ад хъван руго Расулил бищун
машгьураб «Къункъраби» абураб коч1ол т1оцересел мухъал.
Тадбиралда г1ахьаллъарав улкаялъул президент В. Путиница
жиндирго к1алъаялда ц1акъ к1удияб къимат
кьуна шаг1ирасе: «Анц1го соналъ нилъеца Расул гьеч1ого г1умру гьабулеб
буго. Амма гьесул т1ахьал, г1акъилал
пикраби нилъгун руго. Гьез нилъеда малъула г1умру гьабизе. Расулил ц1аралъулъ
раг1ула хвалчадул чапиги к1уч1дузул г1акъиллъиги».
Рамазан Г1абдулат1иповасги
жиндирго к1алъаялда бихьизабуна
Расул Х1амзатов дагъистаниязул миллияб ч1ух1илъун, пагьмулъун ва къадрулъун
кколилан ва памятник Дагъистаналъул г1адамазе аск1оре хьвадулеб рух1ияб гъанситоялде
сверизе бугилан.
Москваялда Расулица г1умру гьабун буго 30 г1ан соналъ ва,
узухъда, тахшагьаралда памятник рагьиялъ гьесие к1удияб асар гьабилаан гьев
нахъе вук1аравани. Тадбиралде улкаялъул бет1ер
вач1иналъго бицуна шаг1ирасул творчествалъул бугеб к1варалъул, гьесие
кьолеб бугеб къиматалъул.
Данделъиялда г1ахьаллъарав щивасул Р. Х1амзатовасул
х1акъалъулъ гьев жамг1ият бокьулев, г1адамал цолъизарулев, маданиятги мац1ги
хирияв чи, к1удияв г1акъил, патриот вук1анилан абураб пикруги бук1ана.
Гьабсаг1ат бахъулеб буго шаг1ирасул х1акъалъулъ фильм,
гьелъие сценарий хъваялда г1ахьаллъи
гьабулеб буго живго Рамазан Г1абдулат1иповасги. Биччанте нилъер
ч1ух1илъун кколев Х1амзатил Расулил ц1ар памятниказулъ, т1ахьазулъ, фильмазулъ ц1унун
хут1изе, инсаният ч1аго бугебг1ан мехалъ!
Гьев абадиялъго халкъалъул рек1елъ ц1унун хут1иялъе мустах1икъав вук1иналдайин
абуни, нилъер кинаб бук1аниги щаклъи гьеч1о…
Ф. Мух1амадова.
|