Дагъистан Республикаялъул Бет1ерасул Указалда рекъон, араб анкьил шамат къоялъ Г1арада росдал гьоркьохъеб школалъе кьуна махщел камилав журналист, хъвадарухъан Гъазимух1амад Гъалбац1овасул ц1ар. Гьеб тадбир бит1ун данде ккана гьесул гьавураб къоялде-нахъе вук1аравани, Гъазимух1амадица гьеб къоялъ т1убалаан г1иц1го 57 сон…
Гъалбац1овасул рик1к1ен г1емерал гьудул-гьалмагъзабаз, республикаялъул творчествалъулаб интеллигенциялъ,мунагьал чурад х1алт1араб «РГВК» телеканалалъул журналистаз занк1ун ц1ун бугоан мактабалъул азбар гьеб къоялъ. Г1емерал хинал рак1алдещвеял гьаруна нилъер ракьцояв лъалев вук1аралщинал: Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мух1амад Ах1мадовас, ИЯЛИялъул директор Мух1амад Мух1амадовас, Халкъияй шаг1ир Залму Батировалъ, «Дагъистан» журналалъул бет1ерав редактор Мух1амад Бисавг1алиевас, Авартеатралъул директор М-Р. Мух1амадрасуловас ва гьел гурел цойгидазги. Районалъул администрациялъул рахъалдасан тадбиралда г1ахьаллъана районалъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъов. Районцоязул къалам бег1ерав, махщел т1ок1ав, жиндиего хасиятаб хат1алъул ракьцоясдаса бугеб ч1ух1и загьир гьабуна гьес жиндирго к1алъаялда. «Гъазимух1амад г1адазул ц1арал, ишал ц1унун, г1олеб г1елалда гьоркьор т1ирит1изаризе ккола-ян абуна гьес-Г1арада гьоркьохъеб школалъе гьесул ц1ар кьейги ккола гьединал к1вар бугел ишазул цояблъун. Ц1аралъе мустах1икъал, гьунар бугеллъун рук1а нужги!»
Школалъул къадада ч1вараб мемориалияб хъорщодаса пардав бахъулаго, данделъаразул г1емерисезда маг1у кквезе к1веч1о-ч1агояв чи киниги гьелдасан балагьун вугоан живго Гъалбац1ов.
Школлъималазул церерахъиназдасан г1уц1араб шиг1рияб, коч1олаб ва кьурдулаб композициялдаса хадуб, бекьеч1дерил хъутанчаг1аз т1аде рач1аразе гьоболлъиги гьабуна. Х1акълъунго, Гъалбац1овасул бег1ераб, г1ужилаб гьунаралъ бакараб ц1ва наслабаз ссвине гьеч1еблъи бихьизабуна гьеб къадруяб ва гьелдаго цадахъ пашманаб тадбиралъ.
Ф. Мух1амадова
|