Воскресенье, 28.04.2024, 19:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Август » 26 » ТАБАСАРАНАЛДЕ ЧАБХЪЕН.
10:23
ТАБАСАРАНАЛДЕ ЧАБХЪЕН.

Тарихчи Г. М. Айтберовас таржама гьабураб, Табасараналда батараб г1араб мац1алда хъвараб документ.

Багьадур, бах1арзазул цевехъан Хунзахъа Х1ажи­мурад щунусгог1ан чи вугеб аскаргун, т1адег1анав имам Шамилил буюрухъалда рекъон, Аваристаналдаса къват1иве вахъана. Гьев щвана Таргъуялде. Ч1вана Шамхалил вац Шагьвали. Бахъана гьесул къайи- къоно. Асирлъуде росана гьесул лъади ва к1иго гьит1инав вас. Хадув гьев вагъарана Табасараналде. Щвана Жухнатав абулеб бак1алде ва жиндирго къей гьеч1еб, мухь щолеб аскаргун, гьениб лъабго сордо бана. Хадув гьенисан вахъун гьев ана Къаркъул абулеб росдада т1адехун бугеб бак1алде. Гье­ниб гьес ц1улал хъала ба­на ва 15 г1ан къоялъ гьенив ч1ана. Гьенисан ва­хъун щвана Гуми росулъе ва гьениб сордо бана. Гье­нисан ана Къучник мег1ералде, гьенисан Хучниялде ва гьеб кинабго гьабуна цо къоялъ. Хучниялда рук1арал Табасараназул нуцаби, гьенир ч1езе к1веч1ого, нахъе ана. Жидерго рахъ кколел г1адамалгун цадахъ гьел, Аллагьасул тушбабазул тушман, къей гьеч1ев Х1ажимурадикьа х1инкъун на­хъе лъутана.

Гьелдаса хадуб 20 къо арабго Шурасан жиндирго аскаргун Гъумекиве, Табасараналде вач1ана князь Аргутинский. Гьев жин­дирго аскаралгун рещт1ана Сувак абулеб бак1алда. Ва гьениб цо сордо бана. Гье­ниб гьесухъе бач1ана Диричалдаса, Нит1ракъалдаса ва Сувакалдаса бечедал г1адамазул цо бут1а. Хадув жиндирго аскаралгун, гьев ана Къалукъ маг1арде ва гьенив ч1ана. Къей гьеч1ев багьадур Х1ажимурад, жин­дирго лебалаб аскаргун, гьебго къоялъ вач1ана гьеб маг1арде. Гьезда гьоркьоб ккараб рагъулъ лъукъана гьесул бодул офицер Чангерей. Гьелдаса хадуб Х1ажимурадги Аргъутги чанго къоялъ гьеб маг1арда ч1а­на, т1ок1аб тунка-г1усиги гьабич1ого.

Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб генераласухъе рач1ана Табасараналъул эмирал ва гьезул цо бу­т1а Кураялде ана. Х1ажимурад жиндирго аскаргун гьезда хадув ана ва гьезулгун рагъ гьабуна. Т1оцебесеб рагъулъ гьесул аскараздасан лъабго чи ч1вана, капурзабазул гlемер чи ч1вана ва гьезул къайи-къоноги давлаялъе бахъана. Гьелдаса хадуб капурзабазулгун рагъ гьа­буна Диричалъул ва Нит1рикъ г1адамаз. Гьеб ра­гъулъ капурзаби къуна ва т1урун ана, гьезул къайи-къоноги бергьараз талавур гьабуна. Х1ажимурад жиндирго аскаргун т1адвуссана Аргъут вугеб бак1алде. Х1ажимурад гьезда ха­дув гъуна, Аргъут Табаса­раналъул нуцабигун цадахъ Чуфт1ил абулеб бак1алда лъалхъараб мехалъ. Гьениб гьез цо сордо бана. Радал Аргъут жиндирго ас­каргун ва Табасараналъул нуцабигун цадахъ Хучни росулъе ана. Гьенире унаго нухда Табасараналъул г1адамазул цо бут1аялъ гьесулгун рагъ гьабуна цо ч1унтараб росдал магъилъ, Табасараналъул г1адамазул цоги бут1а гьезулгун рагъде лъугьинч1о. Гьез рахъ ккуна капурзабазулги, мунапикъзабазулги ва х1алихьатазулги. Аргъут Таба­сараналъул нуцабигун Хучни росулъе лъугьана. Х1ажимурад жиндирго аскаргун Табасараналдаса нахъе ана. Аллагьасул ишалъе г1оло къеркьеялъулъ гьесул рахъ кколезул къуват дагьаб бук1иналъ. Гьев ана жиндирго вилаяталде. Гьениве унаго нухда гьес чанго рагъ гьабуна. Чирагъ маг1арда ккараб рагъулъ Шагьвалил ч1ужу чот1аса гъоркье йортана ва капурзабазухъе ккана. Гьей ана жиндирго вац Жамав бегасухъе, гьелъул васал хут1ана Х1ажимурадихъ ва гьес гьел т1адег1анав имамасухъе рачана.

Хадуб т1адег1анав имамас, мац1ихъабазул ва х1алхъубазул х1иллаби сабаблъун, Х1ажимурадие щвараб давла нахъе бахъана. Живго Х1ажимурад наиблъиялдаса нахъе рехана ва мац1ихъабазулги гьерсихъабазулги г1айибалдалъун гьел тушбабилъун лъугьана. Хадув Х1а­жимурад, имам Шамилги живго тун, генераласухъе ана, мац1ихъабазул мац1ал сабаблъун живго ч1вач1ого вук1инелъун. Гьесухъан гьев ана Тифлисалъул сардарасухъе. Гьенисан т1адвуссана Шамахалде, Щекиялде ва Ширваналде, гьенисан жиндирго Ват1аналде т1ад вуссине хиялгун. Гьеб мурад т1убазабулаго, гьес тушбабазулгун чанго ба­к1алда рагъал гьаруна. Гьес рагъ гьабуна 1267 (1850-51) соналда ва цадахъ рук1арал гьалмагъзабигун рагъда ч1вана. Х1ажимурад Табасараналде вач1ана Рамазан моц1алда ва гьениса т1адвуссун ана Шаввал моц1алда».

Документалъ нуг1лъи гьабулеб буго мискинзабаз Х1ажимурадил рахъ кколеб бук1иналъе.

Гьеб документалъ нуг1лъи гьабулеб буго Шамилидаги Х1ажимурадидаги гьоркьоб кьал ккеялъе аслияб г1иллалъун мац1 гьаби бук1араблъиялъеги.

М. Раджабов, ДДТялъул нухмалъулев, тарих бокьулев.

 

 

Просмотров: 470 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz