Маданияталъул соналъе лъик1аб сайгъат
«Т1угьдуз» рак1 сагьвил гьабуна
Дида цебе буго маг1арулазул г1олохъанал ясал-поэтессаби, прозаикал Могьохъа (Хьаргаби район) У. Салих1овалъул, Ч1арадаса П. Г1абдурах1мановалъул, Мариза Мух1амадовалъул, Жамиля Г1абдулаевалъул, нилъер ракьцояй «Росдал зах1матчи» газеталъул редактор П. Мух1амадовалъул ва Шамил районалъул Ракьуса Рабият Къурбановалъул цадахъаб (соавторлъиялъул) куч1дузул ва харбазул 230 гьумер бугеб «Т1угьдул» абураб, берцинго къач1араб мажмуг1. Гьеб данде гьабун, къват1ибе биччазе х1адурун буго Г1. Г1алиевалъ.
Байбихьудаго абила, ц1ализе байбихьаралдаса мажмуг1 лъуг1изег1ан дида гьеб г1одоб лъезе к1веч1о. Гьедиг1анги т1аде рак1 ц1алел, рек1ее ц1ик1к1араб асар гьабулел, гъваридаб маг1наялъул, г1адамазе, хасго г1ун бач1унеб г1елалъе гьеч1ого г1оларел малъа-хъваязулал, тарбия кьеялъулал, хъизан-рукъалъул г1умруялда хурхарал, г1олеб г1елалда гьоркьор кколел цо-цо лъик1алги, гьездаго цадахъ иман-иях1, намусалде раг1ад рехизабулел асараз бечедаб буго мажмуг1. Дие ц1акъго рек1ее г1уна гьел анлъалго г1олохъанал, ц1убан бач1унеб поэзиялъулгун-прозаялъул махщалил гьунар камиллъулел ругел гьезул, г1агараб росу-ракьалдехун, ват1аналдехун, г1адамаздехун, эбел-инсудехун бугеб г1ащикъаб рокьиялъул рахъалъ гьез хъварал асарал. Гьел гурищ г1ун бач1унеб г1ел умумузул ратарал, лъик1ал г1адатазда куцаялъе ц1акъго к1вар бугел масъалаби. Г1олохъанал хъвадарухъабазул щиялъул буго поэзиялъулъ жидеего хасиятаб гьунар, пагьмуялъул г1ат1илъи ва маг1наялъул гъварилъи, хасаб жидерго хат1, г1умру гьабиялдехун бугеб бербалагьи, бег1ерго какулеб буго гьанже заманалда г1олилазда гьоркьор кколел ругел, цебе умумузул заманалда къанаг1ат гурого кколарел рук1арал рокьи-кьалалъул лъугьа-бахъинал. Къокъ гьабун абуни, т1адехун рехсарал поэтессабазул ва прозаиказул асаразухъ г1емерал руго илагьияб рокьи ккаразеги, т1адагьаб хьвада-ч1вадиялъул г1олил ясазеги, гьезда сверухъ «сент1олел» гьагулабазеги, ях1-намус рехун тарал г1олилазеги мисал босизе пайдаял куч1дул ва харбал. Г1айиб гурищ «Т1угьдузул» тираж 300 гурого гьеч1олъи.
Мух1амадрасул.
|