Районалъул гьит1инабго Т1ануси росу цебеккунго жигарчилъиялда х1адурулеб бук1ана жиндир гьайбатав вас – ц1ар раг1арав политик Мух1у Г1алиевасда дандч1вай гьабизе. Росуго къалъизабураб «Факель» спортивияб залалде Мух1у Г1алиевич к1одо гьавун т1обит1улеб волейболалъул турниралде рач1ун рук1ана республикаялъул т1алъи кодосел, г1емер бат1и-бат1иял шагьараздасагун районаздаса гьалбал. Волейболалъул турниралда г1ахьаллъана анкьго районалъул команда.
Районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас т1аде рач1арал гьалбадерие баркалаги кьун, турниралъул «г1айибияв» Мух1у Гьиматовичасда т1олалго ракьцоязул рахъалдасан юбилейги баркун, турниралъул г1ахьалчаг1азе гьарана къецазулъ бергьенлъаби. Хуриса Г1алил къимат т1ок1ав васасда юбилей баркана т1адег1анал гьалбадерица: ДРялъул Бет1ерасул ва Х1укуматалъул администрациялъул нухмалъулесул т1оцевесев заместитель Алексей Х1асановас, ДГУялъул ректор Муртазаг1али Рабадановас, «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мух1амадовас, Экологиялъул институталъул директор , Т1ануси росулъ ц1аларав, Мух1у Гьиматовичасул лъимерлъиялъул гьудул Гъайрбег Г1абдурах1мановас ва цогидазги. Г1агараб росдал, росуцоязул рахъалдасан жидерго бугеб ч1ух1иги, рохелги рокьиги загьир гьабун Мух1у Г1алиевичасда гьавураб къо баркана г1емерал соназ школалъул учительлъун, директорлъун х1алт1арав Г1абдулхаликъил Мух1амадица. Г1араб росу-ракь рак1алде щвеялъе, росуцоязул рахъалдасан т1омг1анасеб баркиялъулаб адресгун Мух1у Гьиматовичасе ансадерил ханжарги, хъабаги, гьесул г1умрудул гьудул Зайнаб Г1азизовнаялъе гулгунги сайгъат гьабуна.
Турниралъе хасаб берцинлъи кьуна «Г1акаро» ансамблялъул кьурдухъабазги, Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул физкультураялъул учитель Г1амирханов Расулил ва гьесул гьит1инал акробатазул номеразги.
Байбихьана к1игго къоялъ халат рахъарал, кор боркьарал, х1алуцарал, амма балагьизе гъира базабулел волейболалъул х1аязде. Гьезул х1асилазда, бергьенлъи киназего бокьун бук1аниги, т1оцебесеб бак1 щвана Шамил, к1иабилеб бак1-Гъуниб районазул волейболистазе. Нилъер командаялъе щвана г1иц1го лъабабилеб бак1. Гьел командаби к1одо гьаруна кубоказдалъун, дипломаздалъун ва г1арцулал сайгъатаздалъун.
Гьенисан Мух1у Г1алиевасул юбилей т1обит1изе киналго къокъана райцентралде Культураялъул к1алг1аялде.
|