Гьал г1агарал къояз Хунзахъ Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана районалдаса СССРалъул т1оцевесев спорталъул мастер Зайирбег Г1аммаевасул призалъе г1оло эркенаб гугариялъул турнир. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна: Хунзахъ, Лаваши, Шамил, Буйнакск, Ч1арада, Ц1умада районаздаса ва Мах1ачхъала, Буйнакск шагьараздаса командабаз. Къецазда г1ахьаллъи гьабуна 14 бат1ияб ц1айиялда 150 спортсменас.
Турнир рагьиялъул тадбиралда г1ахьаллъи гьабуна: дунялалъулгун Европаялъул чемпион, олимпиял х1аязул г1арцулав призер, СССРалъул машгьурав спорталъул мастер Мух1амадхан Г1арациловас, Республикаялъул туризмаялъул комитеталъул председатель Мух1амад Г1исаевас, СССРалъул спорталъул мастер, эркенаб гугариялъул машгьурав спортсмен Мух1амад Х1ажиевас, Дагъистаналъул ва Хунзахъ районалъул машгьурал жамг1иял х1аракатчаг1и-Мух1амад Гъазиевас, Халилбег Ах1мадовас, спорт бокьулез ва З. Г1аммаевасул г1ага-божараз. Жиндирго к1алъаялда районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас т1адч1ей гьабуна Зайирбег Г1аммаевасдаса мисал босанин нилъер районалдаса г1езег1анго г1олилаз ва ах1ана гьел спорталъулгун гьудуллъи ккурал, заралиял пишабаздаса рик1к1алъараллъун рук1ине.
Гьединго Мух1амадхан Г1арациловас гьарана спортсменазе спорталъулъ гурониги г1умруялъулъги т1адег1анал бергьенлъаби. Зайирбег Г1аммаевас жиндирго рахъалдасан баркала кьуна киналниги турниралда г1ахьаллъаразе, турнир т1обит1изе кумек гьабураб администрациялъе.
Районалъул нухмалъулезул ва жамаг1аталъул рахъалдасан т1аде рач1арал гьалбадерие, Мух1амадхан Г1арациловасе ва Атай Г1аммаевасе кьуна рак1алдещвеялъулал сайгъатал.
К1иго къоялъ халатрахъарал къецаздаса хадуб жиде-жидер ц1айиязда чемпионаллъун рахъана:
25 кг. Г1исаев М.-Хунзахъ; 27 кг. Гъазалиев М.-Ч1арада; 29 кг. Батиров М-Хунзахъ; 32 кг. Мужайданов М.-Буйнакск; 35 кг. Ибрагьимов И.-Буйнакск; 38 кг. Г1абдусаламов Ю.-Хунзахъ; 42 кг. Малачиев М.-Хунзахъ, Къадиров К.-Жунгут; 50 кг. Г1абдулманапов З.-Хунзахъ; 54 кг. Сурхаев А.-Хунзахъ; 58 кг. Сурхаев Г.-Хунзахъ; 63 кг. Х1амзатов М.-Хунзахъ; 69 кг.Гьит1инов Р.-Хунзахъ; 76 кг.Мах1мудов Х1.-Хунзахъ.
Гьезие кьуна х1урматалъул грамотабиги г1арцулал сайгъаталги. Турниралъул г1уц1иялъул комитеталъ киналниги спортсменазулги балагьизе рач1аразулги рак1чезабуна гьединал турнирал Аллагьас хъван батани, санайил т1орит1изе рук1иналда. Гьединго районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас ва Хунзахъ росдал администрациялъул бет1ер Хизри Т1алх1атовас Зайирбег Г1аммаевасе, т1аде рач1арал гьалбадерие кьуна районалъул жамаг1аталъул рахъалдасан рак1алде щвеялъул сайгъатал.
А. Мух1амадова.
|