Нилъер волейболистазе к1иабилеб бак1
Дагьал церег1ан къояз Сочиялда т1обит1ана дунялалъул чемпион Владимир Кондрыл кубокалъе г1оло волейболалъул рахъалъ шагьаралъул чемпионат. Турниралда г1ахьаллъи гьабуна Москваялъул, Москва областалъул, Краснодар краялъул, Сочиялъул ва Дагъистаналъул командабаз. Дагъистаналъул ц1аралда турниралда г1ахьаллъана Хунзахъ районалъул команда. Х1алуцарал х1аязул х1асилалда нилъер районалъул командаялъе щвана мустах1икъаб к1иабилеб бак1. Т1оцебесеб бак1 ккуна Сочиялъул командаялъ. Гьединго турниралъул бищун лъик1ал игроказда гьоркьоб ц1ар рехсана нилъер командаялъул распасовщик Мух1амад Мух1амадовасулги (левша).
Самбо
Гьединго араб анкьалъ Хасавюрт шагьаралда т1обит1ана Дагъистаналъул кубокалъе г1оло боевое самбоялъул рахъалъ турнир. Х1алуцарал къецазул х1асилалда ч1ах1иязда гьоркьоб 82 килограмм ц1айиялда цеве вахъарав нилъер ракьцояв Шамхалов Муртазаг1алие щвана т1оцебесеб бак1. Гьединго г1олилазда гьоркьоб 65 килограмм ц1айиялда къецазда г1ахьаллъи гьабурав районцояв Х1ажиев Зубаирицаги босана т1оцебесеб бак1.
Бокс
Гьал къояз Югалъулаб Кореялъул Чеджу шагьаралда т1обит1ана руччабазда гьоркьоб боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. Чемпионаталда г1ахьаллъи гьабурай Дагъистанияй Т1анусиса Саг1адат Г1абдулаевалъе щвана к1иабилеб бак1.
Спорталъул церехъабазе жеги ч1ах1иял бергьенлъаби щвей нилъер киназулго мурад.
И. Мух1амадов.
|