Исана 150 сон т1убала машгьурав шаг1ир ва г1алимчи Бакьагьеч1иса Ч1анк1а гьавуралдаса. Гьелда хурхун, районалда ва район тун къват1ибехун т1орит1ана ва т1орит1улел руго г1елмиял конференциял, дандеруссинал ва мажлисал. Гьединаздасан цояблъун бук1ана дагьаб цебег1ан шаг1ирасул Ват1аналда Бакьагьеч1и т1обит1араб мажлисги. Гьеб г1уц1ун бук1ана Хунзахъ обществоялъулги бекьеч1дерил жамаг1аталъулги х1аракаталдалъун. Мажлисалде ваг1за-хабаргун к1алъазе рахъана муфтияталъул Муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Х1асан-х1ажи Мух1амадов, бекьеч1дерил, гинчадерил ва хундерил дибирзаби Исмаг1ил-х1ажи, Нурудин Нурудинов ва Мух1амад-х1ажи Мух1амадов ва обществалъул председатель Ах1мад Х1усенов. Г1алимчи ва районалъул харабазул советалъул председатель Шамил Мух1идиновас жиндирго к1алъаялда г1олилал ах1ана Ват1ан бокьизе ва рух1иябгун моралияб рахъ борхизабизе, гьединго г1ат1идго бицана Тажудинил г1умруялъул х1акъалъулъги. Мажлис берцин гьабун бук1ана г1алимзабазул к1алъаязда гьоркьор ах1улел мавлидазги. Хадуб киналго г1одорч1ана бекьеч1дерица х1адур гьабураб кванил тепсиялда нахъа.
Тадбиралдаса хадуб киналго мажлисалъул г1ахьалчаг1и щвана росдал хабалалъе шаг1ирасул хабаде. Ахиралда гьабуна дуг1аги.
|