Воскресенье, 19.05.2024, 21:38 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Май » 22 » САЛАМ, Г1АГАРАБ ГАЗЕТА 90 СОН БАРКА «РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИ»
22:46
САЛАМ, Г1АГАРАБ ГАЗЕТА 90 СОН БАРКА «РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧИ»

Гьале дида цебе г1агараб газеталъул иргадулаб номер. Ц1алула, цо раг1и гьоркьоб теч1ого. Бокьула дие мун, г1агараб газета. Пикрабаз яч1ана т1оцебе газетагун дандач1вараб лъимерлъудахъе гьоболлъухъ – гьале дица  папкаялъуса къват1ибе бахъана, къиматаб хазина г1адин, ц1унун бугеб  подклассалда ц1алулеб мехалда, дир х1акъалъулъ хъван бук1араб макъала ва дица т1оцебе гьабураб кеч1. Т1аде т1инк1арал маг1ил гаразде данде кенч1езе лъугьарал х1арпаз дида  лъимерлъи рак1алде щвезабулеб буго. Мунагьал чураяй эбелалда цадахъ г1емер щолаан дун газеталъул редакциялде. Хас гьабун «Росдал зах1матчиялъе» сайгъат гьабураб папка буго дир, гьебги бикьун буго бут1аялде. Т1оцебесеб бут1аялда руго дирго, мунагьал чураял эмен Расулил, эбел Х1алиматил макъалаби.

К1иабилеб бут1аялда руго газеталдасан, рахьдал мац1алъул  дарсал кьолаго, дицаго пайда росарал макъалаби.

Дирго рек1ел къварилъиги рохелги дица т1оцебе г1агараб  газеталъе гьурщула. Вац, эмен, эбел хварал мехалда гьарурал дир маг1аби – куч1дул т1оцебе гьелъ къабул гьаруна. Школалда х1алт1улеб мехалда, ц1алдохъабиги рачун, чанго сапар бухьана гьелъухъе гьоболлъухъ. Ниж, кидал щваниги, х1алт1ул г1емерлъиялъухъ халгьабич1ого, гъираялда къабул гьарулаан гьурмадаса гьими камуларей бет1ерай редактор Фат1имат Мух1амадовалъ ва газеталъул т1олабго коллективалъ. Гьенир т1орит1улаан бат1и-бат1иял датабазда  хурхарал тадбирал – нижеца рик1к1унаан, ах1улаан куч1дул. Газеталъул кумекалдалъун лъана ц1алдолезда. Дир творческияб г1умруялъулъ хасаб бак1 ккола «Росдал зах1матчиялда» рахъарал макъалабаз. Дун налъулай йиго г1агараб газеталъе гьабураб адабалъухъ, дунги, дир ургъелалги къабул гьаруралъухъ. Гьанжеги, маг1арухъе щведал г1едег1ула гьение гьоболлъухъ – маг1арул мац1ги, ц1арги, г1адатги, г1амалги ц1унулеб гъансито.

Г1агараб газета!

Дур куркьбазукь батараб хинлъиялъ дие кьуна жан-жигар, къуват г1умруялъул, карачелабазде данде лъедезе. Йохъ! Гьел ч1обогоял раг1аби гуро. Духъе г1едег1ана т1оцее дирго къисматалъул бицине. Дуе г1одана, дуе елъана. Дуца нуха рег1ана дун  маг1арулазул к1удияб гъанситолъун кколеб «Х1акъикъат» газеталдедур гьурмаздасан загьир гьабуна дица г1агараб районалде, росдаде росдал г1адамазде к1удияб рокьи. Гьенир речана дица дирго къисматалъул  къасидатал. Мун лъугьун бук1ана дир рек1ел дарманлъун. Дица гьаниб щибго к1одо гьабулеб гьеч1о. Т1огьиллъарал дур т1анчал регулаго, цере рач1уна дунялго х1айранаб районалъул бечедаб тарихги Х1амзатил сатираги,дунялалъул адабияталда хасаб жиндирго улка бугев Х1амзатил Расулил куч1дулги, зодиб ц1ваялъе жиндир ц1ар кьурав Г1алиев Шамилил х1акматаб г1елмуги, Дагъистаналъул тарихалда к1очонарел лъалк1ал тарал г1алимзаби, муг1алимзаби,тохтурзаби, г1адатал г1адамазул г1умруялъул рицунел макъалаби. Дуца г1адамал рохизаруна, релъизаруна, ургъизе т1амуна. Гьай-гьай, бук1ана г1ужда щолеб каламги. Дур  критикаялъ чанги чиновникасул рах1ат хвезабуна, дуца къват1ир ч1вазаруна гьезул т1екъал ишал, чанги  г1адатал г1адамазе кумек гьабуна т1екълъи къезабуна, чанги х1арамзадал рах1ат хвезабуна дуца.

Г1агараб газета! Мун ккола районалъул мат1у! Районалъул г1адамазе дуца хъулухъ гьабулелдаса ана 90 сон. 90 х1ок1. 90 свери. 90 соналъул къисматги тарих…

90 сон барка «Росдал зах1матчи».

Шамай Хъазанбиева, «Х1акъикъат» газеталъул мухбир.

 

Г1агараб газета, гьале жакъаги

Дуде бугеб рокьул хъвалей йиго дун.

Дуца гъурал куркьбаз т1авапги гьабун,

Гьале жакъаги дун духъе йоржуней.

Дир г1умрудул чвахи хисизабураб

Дуе бицине жо г1емераб буго,

Мун – дир районалъул тарихгун къисмат,

Къалмикье босараб даимаб мажмуг1.

90 соналъул тарих

Ц1идасанги жакъа бегулеб буго.

Т1огьиллъарал т1анчаз бицунеб буго

Аваристаналъул тахшагьаралъул.

Маг1арул мац1алъул гъанситоги мун,

Гъансито ц1унулеб ц1аги бугеб дур.

Ц1алдолезе кьолеб рокьул квац1и духъ,

Мун -  г1умрудул мат1у районцоязул.

Борхалъи гурони т1аса бищич1еб,

Т1адег1анлъи гуреб аск1обе къач1еб.

Бит1араб гурони къабул гьабич1еб,

Г1агараб газета баркула байрам!

Хъазанбиева Шамай, Т1ануси росу.

Просмотров: 643 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz