Суббота, 27.04.2024, 17:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Ноябрь » 5 » РУХ1ИЯБ ХАЗИНА.
19:08
РУХ1ИЯБ ХАЗИНА.

Адабияталъул вакилзабаздалъун Хунзахъ район цох1о нилъер республикаялда гуребги, улка тун къват1ибехунги машгьараб буго. Дунялалдаго раг1ана жакъасеб заманаялъул к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатовасул гьаракь. Улкаялдаго лъана Бакьагьеч1иса Ч1анк1ал, Ц1адаса Х1амзатил, Фазу Г1алиевалъулги ц1арал, Дагъистаналдаго машгьурлъана Заид Х1ажиевасул, Г1абасил Мах1амадил, Мух1амад Сулимановасул, Асадула Мух1амаевасул, Х1ажи Гъазимирзаевасул ва г1емерал цогидазулги асарал. Диналъе эркенлъи щведал ц1идасан нилъехъе т1ад руссана Гиничукьа Х1аживдибирасул ва Х1айдарбегх1ажиясул, Г1ахьалч1иса Муртазаг1алих1ажиясул шиг1рабиги назмабиги. Нилъер районалдаса щуго шаг1ир мустах1икълъана Дагъистаналъул халкъияв поэт абураб т1адег1анаб ц1аралъе.

Пасих1ал куч1дуздалъун, харбаздалъун машгьурал руго: З. Батирова, М. Патах1ов, А. Мух1амаев, М. Сулиманов, Х1. Гъазимирзаев, Гъ. Гъалбац1ов, Х1. Х1ажиев, Х1. Х1абибов ва гь.ц.

Авар адабияталъул классик ккола Бакьагьеч1иса Тажудин-Ч1анк1а.

 

Ват1ан

Ват1ан мун бокьизе т1оцебе дида

Лъицадай малъараб гьаб дунялалда?

Лъица, абадиялъ унареб х1алалъ,

Дир х1асратаб рек1елъ бик1араб дур ц1ар?

Т1оцебе ихдалил хабарги босун

Рохалил чапарлъун муг1рузде щолеб,

Мукъуралда сверун маржанал рараб,

Милъирщоялъищ гьеб дида малъараб?

Г1азу биунелъул, хвалчаца г1адин,

Хинаб ракьги бихъун т1аде раккулел

Г1урччинаб мац1алъул харил симсазищ

Хиралъе мунилан дида абураб?

Сардида зодил хан-сахаватаб моц1

Бач1ун гъот1ол каралъ рещт1араб мехалъ,

Балъгояб харбида щурщулел ругел

Т1анхаз гурищ рокьи бикьун дуй кьураб?

Ц1вабзазул сордоялъ сих1 къот1ун ч1араб

Сабураб, х1алимаб эбелаб ракьалъ,

Мун бокьаян абун аманат гьабун,

Дир рек1елъ васигат хъванищ бук1араб?

Фазу Г1алиева

 

Ват1аналде

Дун дур ц1урмазда гьорлъ цо ц1умур вуго,

Дур ц1ар зваргъолеб куц каранда жаниб.

Гьеч1о дие гьаракь гьадин бокьулеб,—

Гьеб гьаракь къот1ани, дун къаникь вуго.

Дун дур ц1умазда гъорлъ цо ц1умлъун вуго,

Дур ц1ар буго дие к1иябго кваркьи.

Воржуна -гьороде керенги рагьун,—

Гьел куркьбал къот1ани, дун къаникь вуго.

Дун дур ярагъалъулъ къвариг1инег1ан,

Дуца къеда бараб цо ханжар вуго.

Къо ккараб мехалда, лъазабе дида,

Лъалиниса вахъун паркъезе вуго.

Хонжрол т1агъиялда т1ад хъвараб дур ц1ар

Ц1унизе вахъина дун г1орхъабазде.

Г1агараб яргъида кьаву ч1ванани,—

Дун ч1агоялъ гьеч1о, дун къаникь вуго.

Дица дур каранда бан буго сабаб,

Сарин буго гьениб дуде гьабураб.

Гьеч1о  гьаб г1адинаб гlaгapaб сарин,—

Нагагь гьеб къот1ани, дун къаникь вуго.

Дур сухъмахъалъан ун, дунялги сверун,

Духъе вуссуна дун, дур васалъ цояв.

Цо нухалъ кьураби, кьунсрулги рук1к1ун,

Дихъ балагьанани,—дун къаникь вуго.

Р. Х1амзатов.

 

Хунздерил свери

(Гимн)

Сариралъе тах лъураб,

Тарихалъе нух лъураб,

Хунздерил свериялда

Свине к1ванищ канлъуда.

Болмац1алда pyxl гъураб,

Гъункиялда ях1 гъураб

Хунздерил т1алъиялда

Т1ок1к1ин лъач1ищ иццазда.

Т1огьол майданлъараб дур маг1аруллъи,

Г1умру алжанлъараб ахил хьиндаллъи...

Дур Г1умаханил к1алден

К1алъана улкабазда,

Дур цолъиялъул къолден

Къацандана рагъазда.

Тушбабазул pyxl  унел,

Х1ажимурадал кьуна,

Х1акъаб ват1ан ц1унулел

Ц1умазул ц1ун бук1ана.

Огь, хунздерил свери, ссиялъул т1алъи,

Т1адаб налъиялъе хвеч1еб рит1ухълъи...

Унгоха, дур мац1алъул

Бац1ц1алъиялъул лъарал,

Дур коч1ол бакъаналъул

Къине рег1ич1ел г1орал.

Дур каранда куцарал

Кицабазул камиллъи,

Духъан халкъалъе щварал

Шиг1рабазул пасих1лъи.

Адабияталъе цо дур гъварилъи,

Маданияталъе цо дур борхалъи...

Г1абасил Мах1амад.

 

 

Просмотров: 1034 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz