Х1амил бет1ерг1анасеб гьит1инаб, амма гьунар к1удиял
г1адамаз дунялалдаго ц1ар раг1изабураб росу буго Ц1ада. «Бищун г1акъилав чиян»
ц1ар кьурав Х1амзат, «20-леб г1асруялъул бищун лъик1ав поэтан» жив к1одо
гьавурав Расул, Северияб Кавказалда т1оцеве вахъарав академик Х1ажи – гьелги цо
хъизамалдаса г1адамал. Т1олго ц1игьул цадахъ росаниги, сахаватал, рак1ги кверги
г1ат1идал, сабруял гьудул-гьалмагълъиялъе рит1ухъал г1адамал руго.
Ц1ада росдае къимат кьолаго, гьелъул художественнияб сурат
бахъун Ц1. Х1амзатица жиндирго коч1олъ махсаро х1исабалда абулеб буго:
Боц1уй г1алах гьеч1еб, г1ияй меч1 гьеч1еб
Гьал ганч1алъе вач1ун, газа кьабурав.
Бакизе ц1ул гуреб, ц1езе лъим гуреб
Ц1ада росу кквезе сабаблъун ккарав.
Г1азу бан ц1ер гуреб, ц1ад бан х1арщ гуреб
Ц1ада г1адаб бак1го бугодай, Зугьра.
Х1акъикъаталдаги
маг1ишаталъе т1абиг1иял шарт1ал мукъсанаб бак1 буго Ц1ада . Нусго г1ан
соналъ цебе Ц1ада вук1анин 34 минаялъуб г1умру гьабурав чиян хъвалеб буго Ц1ада
росдал тарихалъул ц1ех-рех гьабурав Мух1амадрасул Х1айбулаевас. Гьесул баяназда
рекъон, Ц1ада г1адамаз г1умру гьабизе байбихьун буго 300-400 г1ан соналъ цебе.
Хунзахъ росулъа Угъузилазул ва Чудаг1илазул тухумалъул г1адамаз. Цересел
ц1игьулдерица, т1олалго маг1арулазго г1адин, г1и-боц1и хьихьун, бет1ербахъи
гьабулеб бук1ун буго.
Ц1ада росдал жакъасев бет1ер Мух1амадов Мух1амадица кьураб
баяназда рекъон, Ц1ада буго 96 мина-руссенги гьениб г1умру гьабулев 370 чиги.
70-ялдаса ц1ик1к1араб хозяйство, росу тун, къват1ибги бугилан бицана Мух1амадица.
Х1алт1и гьеч1олъиялъул суал аск1об Г1арани погранотряд, районалъул больница,
к1иго гьоркьохъеб школа ва цогидал идараби рук1иналъ бег1ерго цебе ч1ун
гьеч1ила. Цох1о погранотрядалда вугила ясалги малъун 30 чи.
Росдал маг1ишаталъул аслияб бут1алъун кколеб буго г1и-боц1и
хьихьи. Жакъа къоялда ц1игьулдерица хьихьун буго 110 бет1ер ч1ег1ербоц1иги,
1000 бет1ер г1и-ц1аниги. Гьит1инаб росдае, цогидал росабазде данде ккун, гьеб
квеш гьеч1о. Ц1игьул руго ракь дагьал, Х1амзатица абухъе «боц1уй г1алах
гьеч1ел, г1ияй меч1 гьеч1ел» г1адамал. Гуребани, гъираялда хьихьилаанила
дагьабги ц1ик1к1ун г1и-боц1иян абулеб буго бегавулас. Соналдаса соналде
дагьлъулел ругила рекьаби. Бахунеб хайиралдаса т1ад холел харжал ц1ик1к1араб
ишалде буссунеб бугила рекьи гьабиги. Цо-цояз, ракь ч1обого теч1ого, боц1уе
люцерна бекьулеб бугила бицана Мух1амадица. Гьелдасаги квешаб х1ал буго
цо-цо цогидал росабалъги.
Цебехун рехсарав Мух1амадрасул Х1айбулаевас хъвалеб
буго кьурабазда т1ад бак1 бугониги,
боц1и Ц1ада кьарияб бук1унилан. Гьелъие нуг1лъи гьабизе дидаги к1ола. Дир инсул
вацг1алас хасалоялде хъухъариялъе дие х1айван, кьарияб бук1унилан, Ц1адаса босулаан.
Цогидал росабазе г1адин, жидер г1адамазе нухазул проблема
бук1унарилан абуна Мух1амадица. Росулъеги росдал аслияб къот1нобги асфальт т1ун
бугила. Лъимги щибаб рокъобе бачун бугила. Ц1акъго квачараб хасало, ц1орон,
турбаби кьвагьарал х1ужжаби камун рук1унарила. Амма росдал г1олохъабаз гьеб
хехго къач1ан, жамаг1аталъе зах1малъизе толарила. Цебе лъел къварилъи
кибгоялдаса ц1ик1к1араб росу бук1ун буго Ц1ада. Довго Мух1амадрасулил
ц1ех-рехазда рехсон буго росдае лъел
бук1араб къварилъи загьир гьабурал Ц1. Х1амзатил машгьураб коч1ол гьадинал мухъал:
Нуж бекьеч1, гинчал, ц1игьул
Ц1акъ пуланал росаби.
Гьекъезе къеч хьвазег1ан,
Г1умруялъ лъим щвеч1еб халкъ.
Нижер мугжул хъах1лъана,
Лъимилан ах1долаго.
Х1алакъаб чахъдал гьаракь
Раг1улеб бук1ун гьеч1о
Гьекъезе къеч хьвазег1ан, лъим ц1игьулдерие щун буго 1938
соналъ, Гъонохъа лъим Ц1адае
чвахизабидал. Росулъе лъим чвахараб къо ц1игьулдерие бук1ун буго унго-унгояб
байрамлъун. Гьеб сух1мат-кепалда ц1алун буго Х1амзатица «Ц1ада росулъе лъим
бахъи» кеч1ги. Рехселин гьеб
лъугьа-бахъиналдаса ч1ух1и вохи загьир гьарурал коч1ол мухъал:
Муг1рул лъим г1елмуялъ г1агар гьабунин
Г1ерт1ил къвалал риче гьанже руччаби
Росдал к1алалдасан турбаби лъунин
Лъим кколел къалазда къайи тезабе.
Дуй ц1ияб канлъиялъ каву рагьанин
Карант кьурун босе, Мусал Жавгьарат.
К1алалъан чвахулеб чабхил иццалде,
Ургъел бикьулаго, кьижа Супайнат.
Ах1ун рук1ун руго мадугьалихъ ругел росабалъа г1адамалги.
Гьелдаги г1ей гьабич1ого, араб г1асруялъул ахиралда Г1ободасаги бачун буго
ц1игьулдерица росулъе лъим.
Х1асил, районалъул г1емерал росабазул бищун унтарал лъел, нухазул суалал ц1игьулдерие
гьеч1о. Гьайгьай гьеб буго Х1амзатги Х1амзатил Расулги г1адал къадруял росуцоязул баракат. Цоги росабалъ г1адин
бег1ерго гьеч1о г1олохъабазе х1алт1и гьеч1олъиялъул суалги. Щиб лъалеб, гьебги
гьезул баракат батизе бегьула гурищ?
Исана бук1ана Расулил 90 сон
т1убаялъул юбилейги гьеб къоялде дандеккараб «Расулил поэзиялъул ва Хъах1ал къункърабазулги къо». Т1олабго
районалъул г1адамаз, хасго ц1игьулдерица, жидеда барабщинаб жо гьабуна
гьеб къоялде х1адурлъиялъе ва
К1удияв Расулил ц1аралъе мустах1икъаб
х1алалъ байрам т1обит1иялъе. Бегавулас
росдал т1олабго жамаг1аталъул ц1аралдасан баркала кьолеб буго «Хъах1ал
къункъраби» мемориалияб комплексалда к1вах1-свак гьеч1ого х1алт1араб
Бакьагьеч1иса Х1амзатов Х1усение ва гьесул бригадаялъе, гьеб ишалъулъ жидерго
бут1а лъуралщиназе, Расул к1одо гьавун Ц1адаре
рач1аралщиназе, рач1ине бажарич1ел Расулил ц1аралдехун рек1елъ рокьул,
адаб-х1урматалъул асар хуларалщиназеги.
Нилъецаго нилъеего рецц-бакъ гьаби беццулареб жо бугониги,
к1олеб гьеч1о Расул к1одо гьавиялъулъ «Росдал зах1матчи» газеталъ, бит1ахъе
абуни, газеталъул редактор Фат1имат Мух1амадовалъ лъураб бут1аялъулги бицинч1ого ч1езе. Фат1иматие вокьула Расул, бокьула ва
лъала гьесул творчество. Гьелъул жигаралдалъун къват1ибе биччана кьер бугеб
газета. Расулил х1акъалъулъ г1емераб материал бега-бит1ун, к1удияв поэтасул асарал ц1алун, т1аса бищана
юбилеялде ва «Хъах1ал къункърабазде» данде кколеб материал. Анц1ул борцун, цин
къот1ун т1аса бищараб материал бак1арараб буклеталда лъун руго, г1емерай екерахъдун, ралагьарал Расулилги, гьесул
хъизаналъул г1адамазулги, Расулида ва гьесул литературиябгун жамг1ияб
х1аракаталда хурхарал г1адамазул къанаг1атал суратал. Гьеб кинабгоги буго
бат1и-бат1иял кьераз берцин гьабун. Расулги гьесул творчествоги бокьулез гьеб
гьит1инабго т1ахь-журнал ц1унила хазина г1адин. Ц1игьулдерил х1акъалъулъ
рехсезе лъик1ал х1ужжаби, бак1 бук1арабани г1емер ругоан. Гьел дие г1ахьал
гьавурав Х1айбулаев Мух1амадрасулиеги дир суалазе жавабал кьурав Ц1ада росдал
бегавул Мух1амад Мух1амадовасе баркалаги загьир гьабун,
Г1иса Г1исаев.
|