Суббота, 27.04.2024, 00:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Апрель » 2 » РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ.. МИЛЛАТЧАГIАЗДАСАН САЛАМ ХIАЖАТ БУКIАНИЩ НИЛЪЕЕ?
15:26
РЕДАКТОРАЛЪУЛ КАЛАМ.. МИЛЛАТЧАГIАЗДАСАН САЛАМ ХIАЖАТ БУКIАНИЩ НИЛЪЕЕ?

Цо гIамал кIудияв продюсер директорлъун вугеб федералияб каналалдасан байбихьун буго «Салам, Масква!»ян хъачIаб, дагъистаниялго инжит гьарураб гIадаб цIар жинда бугеб криминалияб драма бихьизабизе. Балагьана нолъ дун гьелъул байбихьиялъухъ. КъабуллъичIо. ГIакълуялъ мукъсанал, такъсирчилъи-гъалмагъиралде гьесарал чагIилъун рихьизарун ругоан тIолалго дагъистаниял гьелда. Авар мацIалъул гара-чIвариял тIоцебесеб бутIаялдаго рагIидал,-хас гьарун магIарулал. Сюжеталда рекъон, миллияб такъсирчилъиялде данде(гьединабги букIунеб рагIулаха эб)рагъ гьабиялъул отделалда цадахъ хIалтIизе ккун ругоан дагъистанияв Рустамги, скинхедасул гIамалал чорхолъ рессарав Саня Ребровги. Къалъул как хIалтIуда банилан суждаялда Рустамил бетIер пишацояв операс тенкезабиялдасан «рагьана» рокьукълъиялде нуцIа.Бахъун лъугIун хадуб лъабго соналъ хIурулъ гелделеб хутIун букIараб «шедевр», гIицIго интернеталдасан гурого балагьизе рес букIун гьечIо гьанжелъагIан. ГьедингогIаги хутIун букIарабани гьеб, байбихьиялъе киназего хирияв Гъуниса Муртузица сси бачIинабун букIаниги. Гьудуллъи-вацлъи бижизабулел, квешаб-тIекъалдаса рикIкIад гьарулел ва, хIатта, такъсирчагIицин жиделъ кIарчамал советкинабаз куцан гIурай дида гIалхулаблъун, битIахъего абуни-панзалъулаблъун бихьана, Аллагьасул Калимаялдаса бисмилляби-суратазда цадахъ бицунеб чорокаб мацIалда, рагъ-мучалда, ришватчилъиялда,хIалихьалъи-мунапикълъиялда буцараб гьеб «искусство». Бицунеб буго, сериалалъул ахиралда кIиго цоцазда рихарал героязул гIассияб гьудуллъи ккезе бугилан, амма 16 сагIаталъ Дагъистанги квешаб рахъалъ бихьизабун лъугьараб гьеб «маслихIаталъ» дие кьезе жо гьечIо щибго.Сценарий хъваразда гьоркьобги цогIаги Дагъистаналъул чиясул цIар букIарабани, кIийихъан бичIчIилароан дун гIадиназда гьеб. Дир пикруялда, гьечIо кино бахъарав Павел Бардинил хIалтIуда гьоркьоб цониги гвангъараб сурат,тарбия-лъай кьеялъул лахIзат, гIицIго хъубаб-бацIцIадаб цо парацин гьоркьоб биччачIого,чIагояб эфиралдасан гIадин бихьизабулеб лахIчIегIераб гIумру тун батIияб. Бугищали бихьизе, хIалтIул къоязул сордо бащалъун хадуб, нужго балагье гьелъухъ,ва дун мекъи йигин,магIарулал гIасиял чагIилъунги рихьизаризе, машгьурги гьаризе( кинаб рахъалъдай?) бахъараб фильм гьебги бугин кантIизае дун. Аллагьасе рецц, лъимал балагьизе рес дагьаб ригьалдани программаялда лъун букIин. Гуребани,доб цо заманалъ рагIараб «Школа» фильмалъ гIадал кьелаан гьалъги «насихIатал».

 

 

Просмотров: 567 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz